ШигӀиял
From Wikipedia, the free encyclopedia
ШигӀи́ял (гӀараб: شيعةcode: ar is deprecated , [ˈʃiːʕa] — «къокъа», «цо рахъ ккурал»,[1]) — чанго жамагӀатал жинда жаниб рачулел исламалъул къокъа, жинца ГӀали ибн Абу ТӀалиб (МухӀамад аварагасул вацгӀал ва асхӀаб) ва гьесул наслуялъул чагӀи гурого МухӀаммад аварагасул рухӀаниял ирсилаллъун рикӀкӀулареб[2]. Къваридаб магӀнаялда, гьедин абула шӀигӀиял-иснагӀашариязда (бищун тӀибитӀараб шигӀизмаялъул къокъа). ШигӀитазул къокъаби гӀемер ругел бакӀал ккола Иран, Азарбижан, БахӀрейн, ГӀиракъ ва Ливан, ва гьединго Йемен, Афгъанистан, Турция, Сирия, Кувейт, Пакистан, ЦГӀИ, Таджикистан.
Исламалъул рукнаби
Аслиял къокъаби
Къосарал къокъаби
Маданият ва жамагІат
|