Ислам
From Wikipedia, the free encyclopedia
Ислам (гӀар. الإسلام - Аль-Ислам; [al-ɪsˈlæːm])[1] - монотеизмалъулаб, ибрагьимияб гӀаламалъул дин. «Ислам»-абураб рагӀиялъул таржама гьабизе бегьула «мунго Аллагьасе мутӀигӀав гьави», «мутӀигӀлъи», (Аллагьасул къануназухъ) «гӀенекки» [2]. ГӀараб мацӀалда «ислам»-абураб рагӀи буго «сах-саламатго вукӀине», «хвасарлъизе», «цӀунун хутӀизе», «эркенав вукӀизе»-абурал рагӀабазул магӀна кьолеб سلم глаголалдасан лъугӀараб предметияб цӀар[3]. ШаргӀияб терминологиялда ислам буго цохӀого-цо вугев Аллагьасда иман лъей, Гьесие мутӀигӀлъи, Гьес хӀарам гьабуралдаса инкар гьаби, Гьес хӀалал гьабураб -къабул гьаби; гьединго политеизмалдаса ва ширкалдаса камилаб инкар гьаби.
Исламалъул рукнаби
Аслиял къокъаби
Къосарал къокъаби
Маданият ва жамагІат
|
Тарихалда Исламалъе кьучӀ лъураб заман рикӀкӀуна VII гӀасру МухӀаммад аварагас ﷺcode: ar is deprecated дагӀват гьабизе байбихьараб мех. Амма Исламалъул гӀакъидаялда рекъон киналго цере рукӀарал аварагзаби ва расулал Муса авараг вукӀа, ГӀиса авараг вукӀа, рукӀана батӀи-батӀиял миллатазул, халкъазул гӀадамазухъе хӀакъаб дин - Исламги босун рачӀун, гьезда тавхӀид къабулабизе рачӀун. Амма заман унщинахъе, гӀадамаца жедехъе щвараб дин хисизабулеб букӀана, гӀемерал бидгӀаби журан, гьитӀинабги, кӀудиябги ширк гьабун, цӀидасан хъанчазе гьабулеб букӀараб лъагълъи-гӀибадат гьабизе лъугьун, тӀадежоялъе Мукъадасал тӀахьазда хиса-баси гьабун. МухӀаммадин абуни ﷺcode: ar is deprecated , гьев вуго Исламалъул ахирисев авараг, жиндихъ ТӀадегӀанас Къуръан вахӀью гьабурав.
Ислам къабулабуралщиназда абула бусурманалин. Динияб мацӀ — классикияб гӀараб. БатӀи-батӀиял къиматазда рекъон, дунялалда руго 1,2[4]-1,3[5] миллиардалдаса 1,57 млрдалда вахарав[6] бусурманчи (ай, дунялалъул киналго гӀадамаздасан 22,74 %)[7]. Исламияб уммат буго 120-ялдасан цӀикӀкӀун пачалихъалда гӀумру гьабулеб, амма гӀемерисел бусурбаби[8] руго Магърибияб, Къилабияб ва Къилабгун-Машрикъияб Азиялда ва Шималияб Африкаялда. Гьеб 120 пачалихъалда гьоркьоса 35-ялда бусурбабазул бутӀа бащалъиялдасан цӀикӀкӀун буго, 28 улкаялда абуни, Ислам буго пачалихъияб дин, гьезда гьоркьо — Египет, СагӀудиязул ГӀарабия, Марокко, Кувейт, Иран, ГӀиракъ, Пакистан ва цогидал[9].