ГӀиса авараг
From Wikipedia, the free encyclopedia
Ма́рьямил вас ГІиса Ал-Маси́хІ (гӀараб: عيسى ابن مريمcode: ar is deprecated — Марямил вас ГІиса) — жиндир Исламалда жаниб цІакъ адаб-хІурмат гьабулев авараг (наби). ЦІияб Заветалда рехсолев Иисус Христосгун цого чи ккола. Къуръаналда жанив масихІ (мессия), Ибн Марьям (Марьямиял вас), ГІабдуллагь (Аллагьасул лагъ) абурал цІараздалъун 25 нухалъ рехсон вуго гьев[1]. ТІадегІанав Аллагьас гьесие гьадинал цІарал кьолел руго: расулюллагь (Аллагьасул расул), салихІ (ритІухъав), калима ([Аллагьасул] рагӀи), къавлул хӀакъ (хӀакаб рагӀи) ва цогидал.
ГІиса | |
---|---|
Марямил вас, АлмасихІ, Расулу Ллагь, Набийб Ллагь, Ал-Важигь, Ал-Мубарак, ГІабдуллагь | |
ГІаламат | Инжил |
Насаб | эбел: Марйям |
ГӀиса авараг витӀун вукӀана бану исраилалъухъ Таврат (Тора) тасдикъ гьабун цӀияб Мукъадасаб тӀехь — Инжил (Евангелие) босун[3][4]. ГӀиса вуго Аллагьасул авараг, илчи (расул) ва цӀияб къануналъе кьучӀ лъурав чи[5][./ГӀиса_авараг#cite_note-FOOTNOTEАли-заде,_А._А.2007-5 [5]].