Как
From Wikipedia, the free encyclopedia
Как (гІар. صلاةcode: ar is deprecated )[1] - ккола Исламалъул кӀиабилеб рукну (как бай).
Шагьадат тӀубан хадуб Исламалъул кӀиабилеб рукну буго как бай. Как абула рагӀабаздасаги, гӀамалаздасаги данде гьабураб, нияталдалъун байбихьулеб, салам кьеялдалъун лъугӀулеб Аллагьасе гьабулеб хассаб гӀибадаталда.
Нужеда лъай, нужедаги дидаги Аллагь гурхӀаял, как баялдаги, жамагӀат гьабиялдаги тӀад чӀей буго киналниги лъикӀлъабазе аслу, даража борхиялъеги, баракат гӀемерлъиялъеги нух, мунагьал чуриялъеги, балагьал рорхиялъиги сабаб.
Аллагьасдаса хӀинкъи (такъва) щола гьел каказда тӀад чӀей гьабиялдалъун ва гьеб такъваги дин камиллъиялъе аслу буго. Дин камиллъиялъ гьев чи нахъе чӀвала къабихӀал пишабаздаса ва мунагьал гьариялдаса.
Как балеб агьлу ругеб бакӀалдаса балагьал нахъе чӀвала, гьеб как тарал чагӀазде балагьал рещтӀулеб гӀадин. Дуца абуге диналъул вац дица как балеб бугин, цогидазул дица кӀвар гьабиларин абун. Нагагь балагь рештӀани гьеб лъикӀасдаги квешасдаги гӀамлъула. Гьелъие гӀиллаги буго - лъикӀал гӀадамаз амру-нагью гьабичӀого тей ва Аллагьасе гӀоло квешлъи гьабулел гӀадамал рикӀкӀад гьарунгутӀи.
Гьанибе щвезегӀан какилги какичуриялъулги хӀакъалъулъ рехсараб жо ккола фаризаяб, тӀадаб цонигияб камуни как бегьулареб. Гьезул цониги жоги камизабун бараб как цӀидасан базе кколеб. Гьаб фаризаяб жоги тун суннатаб жоялде ирга щоларо. Гьелдаса хадуб какилги какие чуриялъулги гӀемерал суннаталги руго, адабалги руго, жал камуни как бегьулеб, амма какил камилаб кириги щоларел, МухІаммад аварагасул ﷺcode: ar is deprecated шапагӀатги щолареб алжаналъул тӀадегӀанал даражабиги щоларел. Ай гьесие гьал жал щоларо гьел суннатал жалги камизарун как банани. Парз тӀубан хадуса гьел суннаталги лъазаризе ккола, сордо къоялда жанир ралел суннатал какалги лъазаризе ккола. ХӀузуралда хушугӀалда Аллагьги ракӀалде щун, цӀалулеб жоялъул магӀнаги бичӀун как бай, гьебги ккола какил рухӀ.