Бусурманчи
From Wikipedia, the free encyclopedia
Бусурманчи (гӀар. مسلم [муслим], бусурманчIужу مسلمة [муслимат]) — Ислам-дин ккурав чи. ХIуригаталда цебе Россиялда бурманчагIазда абулаан магометаналилан, гьелдаги цебе — бусурмáналилан.
Бусурбабазул мукъадасатаб, ай гьезие хирияб техь буго Къуръан. Бусурбаби божула Къуръан - гьеб ТIадегIанав Аллагьасул калам букIиналдаги ва гьеб Жабраил малаикасдасан вахIьюги гьабун МухIаммад аварагасухъ рещтараб букIиналдаги. Бусурбаби гьединго Къуръаналда хъвараб жоялъе мутIигIлъула, ва МухIаммад аварагасул гIелму-хIадисалъеги[1].