Шагьадат
From Wikipedia, the free encyclopedia
Шагьадат (гӀар. الشهادة — хІарпияб нугІлъи гьаби; абиⓘ) — цо гурони гьечIев, вати тIадав Аллагьасда божи ва МухІаммад авараг ﷺcode: ar is deprecated Аллагьас халкъалде дин босун витIарав илчи вукIиналда божи. Гьединго шагьада абураб рагIи бачIуна шагьид абураб магIнаялдаги, ай диналъе гIоло къеркьо хварав чи абураб.
Исламалъул рукнаби
Аслиял къокъаби
Къосарал къокъаби
Маданият ва жамагІат
|
Къокъаб куцалда шагьадаталъул магIна бачIуна гьадин: «Дица нугІлъи гьабула ракІ чІун, лъан, хІакълъунго жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго гьечІоян, цо вати тІадав Аллагь гурого, ва дица нугIлъи гьабула, хIакълъунго МухІаммад ﷺcode: ar is deprecated — Аллагьасул халкъалда дин малъизе витIарав авараг вукIиналда». ШигIияз битIулеб шагьадат батIа бахъула суннияз битIулелдаса, тIаде жубараб «ва ГIалийюн Валийю Ллагь» - абураб рагIиялъ, ай "ва дица нугIлъи гьабула ГIали Аллагьасул вали вукIиналда" - абураб. Шагьадат битIи ккола инсанас исламияб дин босиялъе бищун аслияб шартIлъун. Исламалда жаниб шагьадат битIарав чиясул би тIей хIарамаб буго.
|