Закатул фитӀри
From Wikipedia, the free encyclopedia
Закатул фитІри яги КІал биччаялъул закагІат(гӀар. زكاة الفطر) — ккола бусурманчиясда кьезе тIадаб закагІаталдаса цо тайпалъун. Гьеб кьезе тIалъула кIалбиччан къоялъул гIидалъул как балелда цебе.
Исламалъул рукнаби
Аслиял къокъаби
Къосарал къокъаби
Маданият ва жамагІат
|
Закатул фитІри - ккола щибав бусурманчиясда жиб кьезе тIадаб садкъалъун, байрамалъул къоялъги сордоялъги жиндиего ва жиндица напакъат кьезе кколел чагIазе кваназе гIолеб жо бугони. Рукъалъул хважаинас кьола жиндир напакъаялда гъоркь ругел щиназдаса закагIат. Нагагьлъун лъимер гьабуни, Рамазан моцIалъул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьун хадуб, гьеб лъимадудаса закагIат бахъизе тIалъуларо. Гьединго закатул фитІри кьезе тIалъула бусурманав гурев чиясдаги (капур) жинца напакъа кьезе кколел бусурбаби ругони (эмен, лъимал, лагъзал ва гь.ц.).
Закатул фитІри кьола хIажатав, мискинав чиясе. Гьелъул цо чиясдаса кьезе тIадаб къадар буго цо сахІ, гьеб кьолеб ракьалда жиндалъун бетIербахъи гьабулеб тIагIамалдалъун. Масала, Европаялда ругел гIадамаз кьола ролъул яги пурчІинадул цо сахІ, Жанубиябгун-Бакъбаккул Азиялда ругел бусурбабаз кьола - гьула, ГIарабазул пачалихъазда ругеца кьола - чамасдак. СахІ (гІар. صاع) — ккола цIайидул роцен, 4-го огъохъаталда жаниб унеб жоялда жиб ращадаб, цIайиялдалъун борцани 3,300 граммалда бащадаб (хІанафил мазгьабалда рекъон), ялъуни 2,176 грамм (хутIарал сунниязул мазгьабазда рекъон). Закатул фитІри кьезе лъикIаб буго кванидалъун, аварагасул ﷺcode: ar is deprecated заманаялъ букIараб куцалда. Амма гьелъул къадар гIарцудеги сверизабун, гIарцудалъун закагIат бахизе бегьизабун гьечIо гIицIго Іханафил мазгьабалда гурого. ГIемерисел бусурбабазул кIвар гьечIолъиялда бан, закагIат кьезе кколел гIадамазухъе ккезабичIого хутIула гIидалъул какдаса рахъинегIан, гьединаб хIалалда гьеб закагIатлъун рикIкIунаро, гIадатияб садакъалъун гурони. Закатул фитІри кьезе мустахIикълъула гIадамазул микьго тайпа, Аллагьас Къуръаналда закагІат кьезе рихьизарурал.
КІал биччан моцI лъугIидал закагIат кьеялъул хIикматлъун ккола, гьеб моцIалъ кIалал кколаго ккарал гъалатIал рацIцIунеб (капаратлъун) букIине, гьединго байрамалъул къоялъ роххел загьир гьабизе мискинал, пакъиразеги рес щвезе.