Генуб
From Wikipedia, the free encyclopedia
Гéнуб ккола Дагъистан республикалъул Унсоколо мухъалъул кІиабилеб кІудияб росу.
Росу
сагІтил рачел
|
Ракьхъвай
Генуб росу буго Гендерил щобикь, АваргӀорул рагӀалда. Шура ва МахӀачхъала шагьаралгун гьеб рекІинабун буго Гендерил тунел.
Этимология
Ге́нуб абураб рагIи авар ге́ни абураб кьолбодасан лIугьана, -б суффиксги тIаджубан. Гьаб суффикс ккола бакIалъул падежалъул V серия. Гьалъ бихьизабула щиб букIаниги жо цогиялда жаниб букIин. Нахълъураб -б суффикс бицунеб харбида рекъон хисардула: бихьиназул жинсалда – Ге́нув (масала: Дун Ге́нув вуго), руччабазул жинс – Ге́нуй, гьурмикъаб, яги гьоркьохъеб жинс – Ге́нуб, гIемерлъул формалда – Ге́нур. Гьелда рекъон Ге́нуб-алъул магIна ккола «ге́ни жаниб бугеб [бакI]». Гьалъул къватIисеб цIар, Гимра, кидин лIугьарабали лъазе жеги кIун гьечIо, амма чанго батIияб гипотеза буго. Цоялда рекъон, Гимра ккола авар мацIалдехун руссиналде гьанирго рукIарал чагIазул мацIалдаса рагIи. Гьеллъун рикIкIуна тIагIинеги бегьулеб гIандиязул бо. Масала, протогIандияб мацIалда *кIкIимор, яги *кIкIиром абулеб рагIи букIана, гьелъул магIна ккола «михир» ва гьелъа кьуна гIахьвалазул кIкIеме, кIкIаратIияб кIкIимер, гъодоберияб гираму ва гь.ц. формаби. Гьаб версиялда рекъон, Генур цере рукIине бегьулаан гIанди бо, гьазул формаги букIинеги бегьулаан гьаб. Гьаб версия цIикIкIинабулеб буго гьал чагIазул авар мацIалдаго гIадин локативал рагIухъ рекIинабунгутIи. Цоги пикруда рекъон, гьеб рагIи букIине бегьула авар кIаму́ри абураб рагIуда хурхен бугеб, ве авар диалектазда гьелъул гаму́р (Хьиндахъ), гама́ри (ЛъагIруда аваразул) абурал формабиги руго (кI/кIкI > г-ялде свери нормалияблъун рикIкIуна). Цоги даргияз цебетIезабулеб бугеб пикру буго, Гимра даргиязул диалектияб гимиргьи «гермес; хIавагIеч» абураб рагIудасан лIугьанин, гьелъие гьез аварги даргиги магIнаби рорцана. Гьеб рикIкIинеги бегьилаан, амма гендерилин, яги хьиндаллъийин абун цIар бугебщинаб бакIалда гьеб цого цо даргияб рагIи кколеб буго. Генуб сверун авар яги гIанди мацIазда хурхен бугеб тун тIокIа бакIицIарал (топонимал) гьечIо.
ГІадамазул къадар
Генур бетIербахъи гьарулел ругел чагIазде гена́л абула.
2002 соналъ тІобитІараб тІолабго Россиялъул халкъазул рикІкІада рекъон, Генуб росдал гІадамазул къадар бахана 3500-го чиясде. Киналго гьел ккола аварал (магIарулал).
- Жакъа Генуб
- Росдал гІаммаб сурат
- Росдал аслияб рахъ
Тарих
Цо тарихчагІазул рикIкIадуда рекъон, жакъасеб Генуб росу бугеб бакІалда гІадамаз бетIербахъи гьабулеб букІанин 400-го соналдаса цебегоян цо пикруги буго, амма гьеб мекъ буго. Генур, аскIоса гIебедего гIадин, гIасрабаца руго бетIербахъи гьабулел чагIи. ТIоцебе хъвалеб пикру буго росдал тарихчи МухІамаднабил Ибрагьимовас жиндирго «Генуб. Тарихалъул нугІзал» абураб тIохьода [2].
Тарихчи, устаз Расул МухІамадовасул, рикІкІадуда рекъон, Генуб росу ккола некІсияб Сарир (яги Авар) абураб пачалихълъиядул тахшагьарлъун. Гьеб рикІкІен мекъ бугин чІезабуна тарихчи Тимур Айтберовас. Гьелдаса бахъун Генуб росдал тарих тІалаб гьабун гьелъул цІех-рех гьабичІого тана гІалимзабаз. Гьединлъидал Генуб росдал кьучІаб тарих жакъаги мажгьулго хутІулеб буго.
Генуб Кавказалъул рагъулI
Генуб ккола Кавказалдаго ва тӀолабго дунялалдаго жал машгьурлъарал, кІиявго Дагъистаналъул Имам ГъазимухӀамад ва Шамил, жанир гьарураб ва гІураб росулъун.
1817—1864 с.с. Россиялъул пачаяс Кавказалъул халкъал мукІур гьарун, гьел Россиялда гъоркь инаризелъиялъул мурадалда гьабураб, кІудияб Кавказалъул рагъул заманаялъ, Генуб росулъ Пачаясул рикІкІен гІемерал рагъухъабазда данде вагъана Дагъистаналъул тІоцевесев имам Генуса ГъазимухІамад. 1832 соналъул 17 октябралъ генерал Розенил бетІерлъиялда гъоркь букІараб рагъулазул къокъаялъ Генуб росу кверде босана, халат бахъараб рагъудаса хадуб. ГІурусазул рикІкІен букІана гьеб рагъулъ 10 азаргоялдаса цІикІкІун.
Гьеб къоялъ букІараб хІалуцараб, захІматаб, чванлъаб рагъудаса хадуб, гІурусал Генуре лъугьана. Гьеб заманаялъ, Дагъистаналъул имам ГъазимухІамад 15 муридгун цадахъ Гендерил къварилъухъ бугеб рокъор жанир рукІана. Муридзабазда гьоркьов вукІана Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул вукІинисев имам Шамилги. РикІкІен цІикІкІарал гІурусазул боялдаса хвасарлъиялде щаклъи ккедал, имам ГъазимухІамадица хиял гьабуна, гІурусазул боялде тІаде кІанцІизе, гьелдалъун гьелги машгъул гьарун, рокъор жанир ругел муридзаби нахъасан къватІире рорчІизе. ХІакъикъаталдаги гьедин ккана, рокъосан къватІиве «Аллагьу Акбар»-инги ахІулаго кІанцІарав ГъазимухІамад тушбабазул хучдузда тІаде ккана ва гьеб бакІалда шагьидлъана. Рокъор жанир рукІарал муридзаби нахъасан лъутун инчІо, «имам хваралъур хвезе хІадур руго» — янги ахІулаго гьез байбихьана тущманасда кьаби щвезабизе. Гьенир гьел киналго шагьидлъана цо имам Шамилги гьесда цадахъ вукІарав гендерил будунги хутІизегІан, гьев кІиявго квачараб хасало мехалъ ругънада рецІцІулаго рохьосан лIутун Унсоколоре ана.
Гьеб рагъулъ гІурусазул 480 го чиясе зарал ккана ва 41 чи чІвана. ГъазимухІамад чІваялдалъун ва Генуб росу гІурусаз босиялдалъун Кавказалъул рагъул тІоцебесеб бутІа лъугІана.
Генуб жакъасеб мехалъ
1990 - билеб соналдаса байбихьун жакъа-къоялде щвезегІанги Генуб росулъ рачІун, гІурусаз росу хъирщула. 2007 соналъул 15 декабралъ росулъ лъазабуна КТО (гъачагъазда данде гьабулеб рагъулаб ищ) — абун цІарги лъун, росдал сахал гІолохъаби хъирщун гьел чІвазе. Гьеб "рагъулаб ищ" гьабиялъе хІужжалъун бачана 15 декабрялъ росулъ, Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул депутат ГъазимухІамад МухІамадов чІвай[3].
2012 соналъул 10 январалъ Генубе бачІана 150 гоялдаса цІикІкІун рагъулаб бакІаб техника. Россиялъул низам цІунулез росу сверун ккуна. Жанире—къватІире гІадамал риччачІо. Къаси сагІат 8-гоялдаса радал сагІат 7-го тІубазегІан рукъалъул рагьдегицин рахъине изну букІинчІо гендерие. Росу чанго батІияб секторалде бикьун, щибаб рокъоре лъугьун рукъзал хъирщана[4].
13 январалъ рузманалдаса рахъарал гендерил гІолилал рукІана росдал къулгІадухъ хабар-кІалалда. Цересан ине рукІарал низам цІунулез гьезие рагІи балагьана. Ккана дагІба, низам цІунулез гьаваялде кьвагьана цо чанго нухалъ. Гьеб рагІарал росуцоял ва рузман къоялъ росулъе бичи-хисиялъе рачІун рукІарал гьалбал тІаде руссана. ЧІахІиял гІадамаз гІолилал нахъе рачана ва низам цІунулел нахъе ана. Гьелдаса хадуб росулъ кІудияб данделъи гьабуна[5], ва росдал жамагІаталъ жидерго вакилзаби ритІана, росдал аххада чадралги чІван ругел низам цІунулезухъе. Вакилзабаз гьезда абуна, метералде росулъа къватІире инчІони Рихьуни ГЭСги рахан, республикаялъулаб нух МахӀачхъала - Мамрашги рахан жамагІаталъ рази гьечІеблъи загьир гьабизе буго-ян. Нахъисеб къоялъ радал 10-го тІубалелде гьез росу тана.
МагІишат
- Генуб буго 400 МВт къуваталъул, лъагІалида жаниб 1,28 млрд кВт·ч. кьолеб Рихьуни, яги Иргьан ГЭС.
- Консервазул завод ООО «Генуб».
Тарихиял бакІал
- Гендерил сангар (Имам ГъазимухІамад шагьидлъараб бакІ)
- Имамзабазул аллея (росдал бакьулI)
- Накъшубандияб тІарикъаталъул щайих Генуса ГІабдуллагь хІажияс бараб бихьиназул хІамам
- Шамилги ГъазимухІамадги цІалараб мадраса
- Гендерил тарихияб музей
- Мадраса
- Гендерил машинабазул тоннель
Машгьурал росуцоял
- Имам Шамил
- Имам ГъазимухӀамад
- ГІабдуллагь-хІажияв устар — Накъшубандияб тІарикъаталъул щайих
- ГъазимухІамад МухІамадов - Дагъистаналъул ХС депутат
- МухІамад Сулайманов — Имарат Кавказалъул 3-ев амир
- МухІамад ГІабдулаев — Имарат Кавказалъул 4-ев амир
- Ибрагьим ХІажидадаев — «ЖамагІат ШаригІат» абураб жигьад гьабулезул гӀуцІцІиялъул амир
Линкал
ХIужаби
Wikiwand in your browser!
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.