Онсоколо мухъ
From Wikipedia, the free encyclopedia
From Wikipedia, the free encyclopedia
Онсоколо мухъ — Дагъистаналда гъорлӀ бугеб административиябгин территориалияб цвел ва мухъалъул статус бугеб муниципалияб гӀуцӀи. Буго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, Авариялъул централияб рахъалда. Онсоколо мухъ ккола аваразул мухъазул цояб ва гӀатӀилъиялъул рахъалъ гьезда гьоркьоб анцӀила цоабилеб, Дагъистаналъул цогидал мухъазда гьоркьоб — 34-абилеб; мухъалъул гӀатӀилъи буго 559,86 квадратияб километр.
Муниципалияб мухъ | |||||
Онсоколо мухъ | |||||
---|---|---|---|---|---|
|
|||||
42°41′14″ ш. гӀ. 46°51′59″ бб. х.HGЯO | |||||
Пачалихъ | |||||
Административияб марказ | Шамилхъала | ||||
Тарих ва география | |||||
ГӀуцӀи | 1935 | ||||
ГӀатӀилъи |
|
||||
Цифрабазул идентификаторал | |||||
Телефоналъул код | +7 87257 | ||||
Расмияб сайт | |||||
Медиафайлал Викигъамасалда |
Онсоколо мухъалъул ракӀилъун буго историкияб Авар гӀорккун букӀараб болмухъ Хьиндаллъи. Жибго Онсоколо мухъ гӀуцӀана 1953 соналъ.
Административияб планалда Онсоколо мухъ бикьула анцӀила лъабго муниципалияб гӀуцӀиялде, гьезул 12-ялъул буго росдал боялъул статус, цо буго шагьарияб поселение. Гьез гъорлӀе бачуна 21 чӀел-бакӀ, жидер цояб шагьаралъул тайпадул гьенлъун бугеб. Мухъалъул административияб центр буго Унсоколо.
ГӀадамазул рикӀкӀадул рахъалъ Онсоколо мухъ буго 29 бакӀалда, гьенив гӀумру гьабун вуго 33 019 чи; мухъалъул кьибилаб халкълъун ккола аварал. Мухъ ккола авар мацӀалъул хьондасеб тӀадгарул централаб сверел тӀибитӀараб ареаллъун.
Мухъ ккола Дагъистаналъул централияб бутІаялда ва гьелъул гІорхъаби цурал руго Шурагьиб, Лаваша, Хьаргаби, Хунзахъ ва Бакълъул мухъазда.[2] Территориялъул гӀатӀилъи буго 560 км².
Унсоколо мухъ гІуцІцІана 23 январалъ 1935 соналъул, Авар округ ва Гъойсубулаялъул мухъ гІуцІцІиялъул хІасилалда.
2011 сон рикІкІуна, криминалалъул рахъалъ кутакалда хІалуцараблъун ва тІубараб мухъго рикІкІуна Дагъистаналъул цогиял мухъазда данде ккун бищун хІалуцараблъун. Чанго соналъ мухъалъул ва жумгьурияталъул хъулухъчагІазе рахІат толеб букІинчІо Ибрагьим ХІажидадаевас ва гьесул жамагІаталъ. 2009 соналъул феврал моцІалъ чІвана мухъалъул бетІер Генуса Казимбег АхІмадов, 2011 соналъул августалъ захІматго лъукъана цІияв бетІер МухІамадхІажи ТІагьиров (гьесул вас чІвана). Гьединго гьужумал гьаруна цоги-цоги хІукуматалъул хІалтІухъабазде, бизнесменазде ва къуваталъул идарабазул чагІазде.[3]. Гьебго соналъул августалъул авалалда ярагъ гьоркьоб хІалтІизабураб тунка-гІуси ккана мухъалъул кІиго кІудияб Генуб ва Унсоколо росабазул гІолохъабазда гьоркьоб, гьелъул хІасилалда чІвана анкьго чи: цо Унсоколоса, цо ЧІиркъатІаса ва щуго Генуса. Гьединго чІваразда гьоркьое ккана Генуса лъабго сон барай яс[4], чІвай-хъвеялъул би тІада бугевлъун ккола Унсоколо росдал бетІер ГІабдулмажидил МухІамад.
Мухъалъул гІадамазул къадар бахуна 30 029 чиясде.
2010 осналъ гьабураб ТІолгороссиялъул халкъазул хъвай-хъвагІаялда рекъон[5]:
Миллат | РикІкІен, чи |
Кинабниги рикІкІеналдаса бутІа, % |
---|---|---|
магІарулал | 28 799 | 97,5 % |
даргинал | 128 | 0,43 % |
лакал | 111 | 0,38 % |
цогиял | 509 | 1,7 % |
кинниги | 29 547 | 100 % |
Мухъалда гъорлъе уна 12 муниципалияб гІуцІцІи:[6]
Мухъалъул аслияб экономика бараб буго — росдал магІишаталда. мухъалда буго 4 ПКЗ, 4 колхоз, 5 совхоз ва ччугІил магІишат.
Мухъалда буго 18 школа, 11 лъималазул школалдацересел учреждениял, 2 махщалабазул школа, 1 лъималазул творчествоялъул Рукъ; 18 клуб, 20 мактаба, 3 музей, 1 театр, 12 памятник культураялъул ва тарихалъул.
Онсоколо мухъ Викигъамасалда |
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.