МацӀазул генетикияб классификация
From Wikipedia, the free encyclopedia
From Wikipedia, the free encyclopedia
МацІазул генетикияб классификация ккола дунялалда ругел мацІазул, жидер лъугьиналдаги, жидеда гаргадулел халкъазул лъугьиналдаги, цогидал мацІазулгун бугеб бухьеналдаги рекъон гьабураб хасаб классификация.
Дунялалда буго чанго азарго мацІ. Машгьурал ва тІиритІарал справочниказде росула гІицІго гьанже ругел мацІал (ай чІагоял ва дагьалъ церегІан хварал мацІал). Ethnologue-ялъул баяназда рекъон, 2018 соналда бугеб хІалалда, гьанжесел мацІазул къадар буго 7 азарго,[1] Лингвосфераялъул реестралда (инг.) рекъон — 4994[2]. Гьел мацІазул гІемерисел цолъизарула хъизаназде, цо-цо мацІал рикІкІуна ратІа тІураллъун (ай цохІо гурони мацІ гьечІел хъизаналда) ялъуни классификация гьаричІел.
МацІазул хъизанлъун рикІкІуна мацІазул генетиякияб цолъи, жиндир, масала, индоевропаялъул мацІазул гІадаб даражаги гъварилъиги, ай гІага-шагарго 6–7 аз. соналъ цебе батІи-батІиял мацІазде биххараб. Цо-цо мацІазул хъизаналин абулел ратула дагьаги гъваридал цолъияллъун, масала кушит мацІал, австронезиялъул мацІал. Гьезде абула тІадхъизанилан.
Кинабниги буго гІага-шагарго 420 мацІазул хъизан[3], 100-ялдаса цІикІкІун изолят ва 100-ялдаса цІикІкІун классификация гьечІелмацІал. Хъизанал цо-цо цолъизарула дагьабги кІудияб даражаялъул цолъалабазде — макрохъизаназде (филал, инг. phylum), амма жакъа къоялъ гьезул гІемерисл рукІин ккола гІицІго гІелмияб гипотезалъун, жал рукІин тасдикъ гьабзе кколел. КьучІаб далил буго цохІо ностратикиял ва афразиялъул макрохъизанал рукІиналъул теориялъул.
МацІазул хъизаналъул къадаралъе классификация гьабизе бищщун санагІатаб буго генетикияб гуреб, географиялъулаб — материказда ва континентазада рекъон, мацІазул хъизаназул гІурхъаби физикиял гІурхъабазде данде ккечІониги.
Генетикияб батІалъи цо ккураб гьечІо батІи-батІиял регионазул.
† знакалдалъун рихьзарун руго хварал мацІал, хъизанал, мацІазул тІелал. {Фигуриял} скобкабазда жаниб бихьизабун буго мацІазул къадар.
Хадусеб 2 хъизаналде Кавказалъул мацІалин абула (генетикияб гуреб цолъи)
НекІсиял мацІал:
Гьел мкрохъизанал рукІин тІубан чІезабун гьечІо гІалимзабаз.
Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо. Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай. |
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.