Гъоркьияб бакьулӀеб гургинлъичӀеб рагьараб
From Wikipedia, the free encyclopedia
Гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичІеб рагьараб яги рагьараб гьоркьохъеб лабиаллъичІеб рагьараб ккола цо-цо мацІазда жиб хІалтІизабулеб рагьараб гьаракьлъун. Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда расмияб хІалалъ цебесеб [a] гьаракьалдаги нахъисеб [ɑ] гьаракьалдаги гьоркьоб бугеб гьаракь бихьизабизе хасаб ишара гьечІолъиялъ, гІемерисеб хъвала ⟨a⟩. Дагьабги цІикІкІун дуруслъи къварегІани, гьеб гьаракь баян гьабизе бегьула гьоркьохъеб ⟨ä⟩ яги нахъисеб ⟨a̠⟩ гІадал диакритикиял ишарабазул кумекалдалъун, гьам гьел гІемерисел хІалтІизаруларо. Синологаз альтернатива хІисабалда хІалтІизабизе бегьула ⟨ᴀ⟩ (гьитІинаб бетІераб А). ХФА-ялда гьеб ишара тасдикъ гьабиялде данде гьаракь кьуна 2011—2012 соназда[1].
Гъоркьияб бакьулӀеб гургинлъичӀеб рагьараб | |
---|---|
ä | |
a̠ | |
ɐ̞ | |
ɑ̈ | |
ИФА номер | 304 415 |
Аудио | |
Кодификация | |
Рижа (decimal) | ä |
Юникод (hex) | U+0061 U+0308 |
X-SAMPA | a_" яги a_- яги 6_o яги A_" |
ИФА: Рагьарал | ||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
| ||||||||||||||||||||||||||||||||
Легенда: гургинлъичӀел • гургинлъарал |
Акустикияб рахъалъ [ä] ккола цІакъго гъоркьияб централияб рагьараблъун. ГІемерисеб хІалтІизабула гІадтаб [a], ва цІакъго хІажалъани, гъоркьяб цебесеб рагьаралъе хІалІизабула [æ] (расмияб хІалалъ, гьеб ккола гъоркье гІараб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъичІеб рагьараб)