Азарсон
From Wikipedia, the free encyclopedia
Азарсон, гьединго милле́ниум (латин millecode: la is deprecated , азарсго, ва annuscode: la is deprecated , сон, лъагӀел абурал рагӀабаздаса) — азарго соналда яги анцӀго гӀасруялда бащадаб заман борциналъул цвел,[1], жинда цо-цо килоаннум (ka), ялъуни килолъагӀел (клъ) абулеб. ГӀемериселъ гьеб термин хӀалтӀизабула хасс гьабун азарого сон халалъи бугел периодазе, жал байбихьулел хал гьабулеб бугеб календаралъул рикӀкӀеналъул тӀанкӀалдаса (гӀемериселъ, "1" соналдаса) ва рикӀкӀине байбихьаралдаса хадуб азарго сон араб лъагӀалидасаги. Гьединго гьеб термин гӀахьалаб букӀине бегьула бокьараб къо-моцӀалдаса байбихьулеб бокьараб заманалъулаб интервалалъе, гьебго халалъи бугеб.