From Wikipedia, the free encyclopedia
Мегре́л мацӀ (рахьдал мацӀалда — მარგალურ ნინა [margalur nina]) — мегрелазул мацӀ, шималиябгин бакътӀерхьул Гуржистаналда бугеб картвел мацӀазул цояб.
Гьеб мацӀалда кӀалъалезул гӀемерисел руго гӀумру гьабун Самегрелоялда (мегрелазул ракь). КӀалъалезул къалар гӀага-шагарго — 345 азарго чи.[1]
ЦӀаралъул вариантал: мингрел, ивер, эгер. Гуржи мацӀалда хӀалтӀизабулеб цӀар: მეგრული ენა [megruli ena], баср.: odišuri, iveriuli ena.
Цогидал картвел мацӀазул Мегрел мацӀалде бищун гӀагараб буго Туркиялда тӀибитӀун бугеб Лаз мацӀ, гьелда цадахъ мегрел мацӀалъ гӀуцӀула «зан» къокъа. Гьел мацӀал ратӀалъараб заман баян гьабизе кӀола лексикостатистикаялда: гьезул 100 аслуяб рагӀи бугеб сияхӀалда данде ккеялъул буго 57 %, жибги глоттохронологиялда рекъон н.щ. VIII гӀасруялде данде кколеб.
Цебе зан мацӀаз кколеб букӀана ЧегӀер ралъдал бакъбаккул рагӀаллъиялъул кинабниги мухъ, амма хадуб гьеб территориялде рачӀана гуржи мацӀалда кӀалъалел, гьез ассимиляция гьабуна бакӀалъул халкъалъе ва байбихьи лъуна гьанжесел гуриязеги аджариязеги.
Мегрел мацӀалъул буго кӀиго цоцаде гӀагараб сверел:
Гьел ратӀарахъула аслияб къагӀидаялъ фонетикияб ва лексикияб рахъалъ; чӀванкъотӀараб гӀурхъи сверелазда гьоркьоб гьечӀо, гьезда гьоркьоб бичӀчӀунгутӀиги гьечӀо.
КӀалъаялъул мегрел мацӀ хӀалтӀизабула Мегрелиялда; гьеб хӀалтӀизабула кӀечӀ-баеъаналдаги ва кӀалъалеб мацӀ хӀисабалдаги. Аслияб адабияталъулаб ва хъвавул мацӀ хӀисабалда хӀалтӀизабула гуржи мацӀ, жиб гӀемерисезда лъалеб.
Мегрелазул хъвай-хъвагӀи кириллицаялде бачине хӀал бихьулеб букӀана 1860-лел соназдаса бахъараб. 1899 соналъ Тулписалда басмаялда бахъана «Мингрел азбука», гьениб хӀалтӀизабун букӀана кириллица: А а, Б б, В в, Г г, Ҕ ҕ, Д д, Е е, Ж ж, Џ џ, З з, Ӡ ӡ, Һ һ, Ꙋ ꙋ, І і, Ӄ ӄ, K k, Ҡ k, Л л, М м, Н н, О о, Ҧ ҧ, П п, Р р, С с, Ꚋ ꚋ, Т т, У у, Х х, Ц ц, Ҵ ҵ, Ч ч, Ꚓ ꚓ, Ш ш, Ѵ ѵ[2].
Гьанжесеб мегрел хъвай-хъвагӀи буго гуржи алипбаги аслуялъе босун гьабураб [3]: ა ბ გ დ ე ვ ზ თ ი კ ლ მ ნ ო პ ჟ რ ს ტ უ ფ ქ ღ ყ შ ჩ ც ძ წ ჭ ხ ჯ ჰ ჸ ჷ.
Фонемияб гӀуцӀиялъе сипатаб буго гӀезегӀан бечедаб консонантизм ва дагьалго рагьарал гьаркьал. Кинабниги буго 29 рагьукъаб фонема, 2 рагьарабгин рагьукъаб, 5 рагьараб ва 1 бащдарагьараб. Унгоял халатал рагьарал ва хӀакъал дифтонгал гьечӀо.
Буго 9 игӀраб[4]. Жиндир гӀуцӀи эргативияб бугеб гуржи мацӀалде данде ккун, Мегрел мацӀалъул синтаксисалда гӀемерисел руго номинативияб гӀуцӀиялъул гӀаламатал.
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.