Хадижа бинт Хувайлид
From Wikipedia, the free encyclopedia
From Wikipedia, the free encyclopedia
Хадижа бинт Хувайлид (гӀараб: خديجة بنت خويلد ; 555—619, Макка) — МухІаммад аварагасул ﷺ тIоцеесей ва хвезегIан жинда тIаде гIадан ячинчIей чIужу. Гьей йикIана бечедай къоролайлъун (гьелъие бечедлъи хутIун букIана хварав росасдасан), борхатаб лагаялъул, гІакъилай, хъахІаб кьералъул, кутакалда берцинай, беркъай гьечIей гIадан. Авараггун ﷺ дандечIвазегIан гьелъ тIокIав бихьинчи къабул гьавичIо. Гьелъул букIана мукъсанлъи гьечIеб хасият. Гьей хваралдаса хадуб, аварагасул ﷺ цонигияй лъадиялда кIвечIо гьелъ ккураб бакI аварагасул ﷺ рекIелъ кквезе.
Хадижа бинт Хувайлид | |
---|---|
гІараб хатІалъ Хадижатил цІар | |
Муъминзабазул эбел, яцІцІадай, Гьиндил эбел | |
Гьав(й)и | 68 гь.ц. 556 сон, Макка |
Хвел | 3 гь.ц. 620 сон
, Макка |
КІодо гьаюла | Исламалда: агьлу сунна вал жамагІаялъ |
Юкъун йиго | ал-МугІалла хобал |
Насаб | эмен: Хувайлид ибну Аслам рос: МухІаммад авараг ﷺ |
«Жиндир заманаялда гьаб дунялалда бищун цIакъай гIадан йикIана ГІимранил яс Марйам, гьаб умматалъул бищун цIакъай гІадан йиго Хадижа»
Аварагасе ﷺ лъадилъун иналда цее Хадижа йикIана Бану Усайд тухумалдаса Абу Гьала ибну Маликил лъадилъун, гьесие гьавуна вас Гьинд ибну Абу Гьала ва яс Зайнаб бинт Абу Гьала. Абу Гьалада цеве гьелъул рослъун вукIана ГІатикъ ибн ГІабид ва гьесиеги гьаруна васги ясги, ГІабдуллагь ва Жария. Жиндаса Аллагь разилъаялъ кидаго квер чIвалаан гIагарлъиялда, кумек гьабулаан мискиназе, ва хъизан ячине ресалда гьечIезе гьелъие квер бакъулаан. Гьей гьарун гIемерал жодор къадру-къимат бугел, тIубараб ГІарабазул бащадабчІинкІиллъиялдаго цIар тIобитIарал бечедал гIадамал рачIун рукIана, амма гьелъ киназего инкар гьабуна.
Жиндилъ рукIарал лъикIал хасиятал сабаблъун Хадижатие щвана хадусе цIарал:
Хадижаца аварагасе ﷺ гьаруна анлъго лъимер:
Киналго васал хвана лъимерлъуда яги гIолохъанаб гIумруялдаго, киналго ясалин абуни хутIана аварагасухъе ﷺ авараглъи кьезегIан, кинацаго Ислам босана ва Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабуна. Гьел киналго хвана авараг ﷺ хвелалдего.
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.