From Wikipedia, the free encyclopedia
Авар мацӀ ккола аглютинантияб мацӀ, жинда гъорлъ дагьабго формантаздалъун рагӀи хиси ва аналитизм (хадурегӀелал ва кумакалъул фигӀлаби) бугеб[1]. Авар мацӀалъул каламалъул бутӀаби рикьула кӀиде — жалго жидедаго чӀараздеги кумекалъулаздеги. Жалго жидедаго чӀаразде гъолъе уна: цӀар, сифат, цӀарубакӀ, рикӀкӀен, фигӀлу ва тӀадрагӀи.
ЦӀаралъул буго 3 жинс (чиясул, чӀужуялъул, гьоркьохъеб), цолъул ва гӀемерлъул форма, лъабго свери. Сифатазул буго лъабго жинс, цоялъул ва гӀемерлъул форма, игӀрабазде рекъон свери. ЦӀарубакӀал ва рикӀкӀенал ратӀагьарула цӀарулал бутӀазбаздаса семантикиял хаслъабаздалъун. ФигӀлуялъул буго заман, хисизаби[1], транзитивлъи, руго фигӀлаби жинсиял ва жинсиял гурел, гӀадатал ва журарал; фигӀлуялъул хасал формабилъун рикӀкӀуна инфинитив, масдар, сифат-фигӀлу ва конверб. ТӀадрагӀи, жиндир формаялъ къокъаб сипатал релълъараб букӀаниги, батӀа гьабула гьелдаса синтаксиял функцияздалъун. Синтаксияб позициялъ батӀа гьабула гьединго бакӀалъул тӀадрагӀабиги хадурегӀелалги. Авар мацӀалъул, ва гьединго моариязул мацӀалъул тӀадрагӀабазул буго, жиб тӀокӀаб цониги мацӀалда гьечӀеб, данде ккезабиялъул суффиксал[2], жидер кумекалдалъун тӀадрагӀи жинсияб рахъалъ цӀаргун данде кколеб (мисалалъе: хадув, хадуй, хадуб, хадур).
Кумакалъулал каламалъул бутӀабазде гъорлъе уна: дандраял, бутӀаби, хадурегӀелал, гьоркьоберех. Гьезул грамматикияб форма букӀаниги, лексикияб магӀна букӀунаро ва гьел жумлаялъул гӀахьалал бутӀабилъун кколаро. Гьезул иш буго рагӀабазул гьоркьолъи, бухьен, гьезда гьоркьоб бугеб сипат-хӀал баян гьабун бихьизаби.
ЦӀарис жаваблъун бачӀуна щав, щий, щиб, щал гьикъазе, ва семантикияб рахъалъ рахъалъ рикьула хасаздеги гӀаммаздеги. Элъул категорияби авар мацӀалда руго хадусел: класс (чиясул, чӀужуялъул, гьоркьохъеб), рикӀкӀадулаб форма (цолъул, дагьлъул, гӀемерлъул) ва хӀалат: (абсолутив, эргатив, генитив, датив, инструменталис ва локативазул серияби).[3]
Авар цӀарсал рикьула лъабго классалде. ТӀоцебеселде гъорлӀе ккола бихьинчиясда хурхарал цӀарсал: бихьинчи, эмен, вас, вац. КӀиабилелъ гъорлӀе рачуна чӀужуялда хурхарал цӀарсал: чӀужу, эбел, яс, яц ва ц. ХутӀарал цӀарсал, чӀагоялги, чӀагоял-гурелги жал рихьизарулел, уна лъабабилеб классалде гъорлӀе.
Класс | Жинс | Цолъул форма | Мисал | ГӀемерлъул форма | Мисал |
---|---|---|---|---|---|
I | чиясул | в | вас вачӀана | р/л | васал рачӀана |
II | чӀужуялъул | й | яс ячӀана | ясал рачӀана | |
III | гьоркьохъеб | б | чу бачӀана | чуял рачӀана |
ЦӀарсазул буго цолъул, дагьлъул ва гӀемерлъул формаби. Руго цо форма гурони гьечӀе, мисалалъе, цолъул форма гурони букӀунаро рокьи, сахлъи гӀадинал абстрактивиял цӀарсазул.
Руго цо-цо pluralia tantum рагӀаби: кагътал (хӀай, цолъул формаялда кагъат — жинда тӀад хъвадаризе хӀалтӀизабулеб жо), цӀороберал, цӀадираби. Гьабго тӀелалде гъорлъе рачине бегьула рос-лъади, эбел-эмен гӀадал рагӀабиги. Гьенирго руго батӀи-батӀиял росабазул гӀадамазде абулел цӀаралги, щай гурелъул гьезул корреляталлъун цолъул формаялда рукӀуна адъективал, жал топонимаздаса лъугьарал[4] (балагье Авар росабазул гӀадамазда абулел цӀарал).
Цо-цо цӀаразул цолъул формаялъул рукӀине бегьула цадахълъиялъул магӀнаги: гамачӀ — цо яги гӀемерал цадахъ, материал хӀисабалда.
Авар мацӀалда гӀемерлъул форма лъугьунел суффиксал рикьизе бегьула кӀиго тӀелалде:
ГӀемерлъул форма лъугьунеб супплетивияб къагӀида бихьизабун буго чӀужу — руччаби параялда. Гьединго дандчӀвала цо-цо рагӀабазул гӀемерлъул форма лъугьунеб кӀи-кӀи къагӀидабиги: хабар — хар-бал/хабарал, кету — кут-ул/кат-ал, хоб — хобал/хабал/хабзал ва ц. Гьениб параллелияб формабазул цояблъун ккола ударение гьечӀеб суффикс -ал, жинца цо ккураб къадар бихьизабулеб, гьебго заманалда гьелъул корелляталъ бихьизабула къадар гьечӀеб букӀин: дагьалго рукъал — гӀемарал рукъзал[6]. Цо-цо нухалда плюралисалъул батӀи-батӀияб формация гьабиялдалъун лексикияб магӀна хисула. Жибго гӀемерлъул формаялъул категория гуребги, авар мацӀалда буго дистрибутивияб гӀемерлъи бихьизабиялъул къагӀидаги (цӀарул аслу такрарлъиялдалъун): рокъо-рокъоре, рахъ-рахъалде.
Авар мацӀалда кинабниги буго 24 хӀалат, гьезул ункъго ккола гӀадатаблъун, хутӀараб 20 — бакӀалъул. ГӀадатал хӀалатазде гъорлӀе уна аслияб, жиб цӀаралъул битӀараб аслулъун кколеб, актив, хаслъул ва кьовул хӀалатал, жал хъвалсараб аслуялдаса лӀугьунел.
ХӀалат | Суал | Суффиксал | хӀалтӀизабула |
---|---|---|---|
Аслияб хӀалат
(номинатив/абсолюютив) |
щив? щий? щиб? щал? |
| |
Актив хӀалат
(эргатив) |
лъица? сунца? | -с/-лъ/-ца |
|
Хаслъул хӀалат
(генетив) |
лъил? сундул? | -(у)л |
|
Кьовул хӀалат (датив) | лъие? сундуе? | -е |
|
БакӀалъул хӀалатаз рихьизарула меслъиялъул, иналъул, багъариялъул ва цогидал магӀнаби. Рикьула хадусел тӀелазде:
Локализациялъул суффиксазде балагьун, хӀалатазул щибаб тӀелги бикьула щу-щу сериязде:
ХӀалат | Серия/хӀалат | Суал | Суффиксал |
---|---|---|---|
Локатив | I/жинда хӀалат | лъида? сунда? | -да/--тӀа |
II/жиндихъ хӀалат | лъихъ? сундухъ? | -хъ | |
III/жиндилъ хӀалат | лъилъ? сундулъ? | -лӀ | |
IV/жиндикь хӀалат | лъикь? сундукь? | -кь | |
V/жаниб хӀалат | киб? | -в/-й/-б/-р | |
Аллатив | I/жинде хӀалат | лъиде? сунде? | -д-е |
II/жиндихъе хӀалат | лъихъе? сундухъе? | -хъ-е | |
III/жиндилъе хӀалат | лъилъе? сундулъе? | -лӀ-е | |
IV/жиндикье хӀалат | лъикье? сундукье? | -кь-е | |
V/жанибе хӀалат | кибе? | -в-е/-й-е/-б-е/-р-е | |
Аблатив | I/жиндаса хӀалат | лъидаса? сундаса? | -д-а-са |
II/жиндихъа хӀалат | лъихъа? сундухъа? | -хъ-а | |
III/жиндилъа хӀалат | лъилъа? сундулъа? | -лӀ-а | |
IV/жиндикьа хӀалат | лъикьа? сундукьа? | -кь-а | |
V/жаниса хӀалат | киса? | -са | |
Транслатив | I/жиндасан хӀалат | лъидасан? сундасан? | -д-а-сан |
II/жиндихъан хӀалат | лъихъан? сундухъан? | -хъ-ан | |
III/жиндилъан хӀалат | лъилъан? сундулъан? | -лӀ-ан | |
IV/жиндикьан хӀалат | лъикьан? сундукьа(н)? | -кь-ан | |
V/жанисан хӀалат | кисан? | -сан |
БакӀалъул хӀалтал сериязде балагьун, хӀалтӀизарула:
Гьел хӀалатазул гьединго хӀалтӀизарула бакӀазул магӀнаялда гуребги, цогидаб магӀнаялдаги. Бищун гӀемер хӀалтӀизабулеб I сериялъул локатив:
Авар мацӀалъул цӀарал, жидер актив игӀрабалда букӀунеб ахиралде балагьун, рикьула лъабго свериялде; I свериялъул ахиралда букӀуна -с, II свериялъул — -лъ, III свериялъул — -ца.
тӀоцебесеб свериялда рекъон рачӀуна гӀемерисел чиясул жинсалъул гӀаммал цӀарал, чиясул жинсалъул жидер ахиралда жинсияб гӀаламат бугел хасал цӀарал (-ав ахиралда ругел авар хъизан-цӀаралги), гьединго -ов, -ев ахирал ругел фамилиялги[9], .
ИгӀраб | Цолъул форма | ||||
---|---|---|---|---|---|
Аслияб | чи | вац | Хириясулав | ГӀумаров | |
Актив | чи-яс | вац-ас | Хириясул-ас | ГӀумаров-ас | |
Хаслъул | чи-яс-ул | вац-ас-ул | Хириясул-ас-ул | ГӀумаров-ас-ул | |
Кьовул | чи-яс-е | вац-ас-е | Хириясул-ас-е | ГӀумаров-ас-е | |
ЧӀовул
(локатив) |
жинда игӀраб | чи-яс-да | вас-ас-да | Хириясул-ас-да | ГӀумаров-ас-да |
жиндихъ игӀраб | чи-яс-ухъ | вац-ас-ухъ | Хириясул-ас-ухъ | ГӀумаров-ас-ухъ | |
жиндилъ игӀраб | чи-яс-улъ | вац-ас-улъ | Хириясул-ас-улъ | ГӀумаров-ас-улъ | |
жиндикь игӀраб | чи-яс-укь | вац-ас-укь | Хириясул-ас-укь | ГӀумаров-ас-укь | |
жаниб игӀраб | — | — | — | — | |
РачӀул
(аллатив) |
жинде игӀраб | чи-яс-де | вац-ас-де | Хириясул-ас-де | ГӀумаров-ас-де |
жиндихъе игӀраб | чи-яс-ухъе | вац-ас-ухъе | Хириясул-ас-ухъе | ГӀумаров-ас-ухъе | |
жиндилъе игӀраб | чи-яс-улъе | вац-ас-улъе | Хириясул-ас-улъе | ГӀумаров-ас-улъе | |
жиндикье игӀраб | чи-яс-укье | вац-ас-укье | Хириясул-ас-укье | ГӀумаров-ас-укье | |
жанибе игӀраб | — | — | — | — | |
РатӀалъул
(аблатив/транслатив) |
жиндаса(н) игӀраб | чи-яс-даса(н) | вац-ас-даса(н) | Хириясул-ас-даса(н) | ГӀумаров-ас-даса(н) |
жиндихъа(н) игӀраб | чи-яс-ухъа(н) | вац-ас-ухъа(н) | Хириясул-ас-ухъа(н) | ГӀумаров-ас-ухъа(н) | |
жиндилъа(н) игӀраб | чи-яс-улъа(н) | вац-ас-улъа(н) | Хириясул-ас-улъа(н) | ГӀумаров-ас-улъа(н) | |
жиндикьа(н) игӀраб | чи-яс-укьа(н) | вац-ас-укьа(н) | Хириясул-ас-укьа(н) | ГӀумаров-ас-укьа(н) | |
жаниса(н) игӀраб | — | — | — | — |
кӀиабиле свериялда рекъон рачӀуна чӀужуялъул жинсалъул гӀаммал цӀарал ва цо-цо, жидер ахиралда жинсияб гӀаламат бугел, хасал цӀарал, гьоркъохъеб жинсалъул лъикӀаланго гӀаммал ва хасал цӀарал[9]. Аслияб игӀрабалда -ия, -ие абурал ахираздалъун лъугӀулел батӀиял мацӀаздаса рачӀарал цӀарал игӀрабазде сверулаго, ахирияб -я/-е гьаракь гьоркьоса тӀагӀуна, амма руго гьоркьосарахъиялги, мисалалъе, школа, аптека гӀадал рагӀаби
ИгӀраб | Цолъул форма | ||||
---|---|---|---|---|---|
чӀужуялъул жинс | гьоркьохъеб жинс | ||||
Аслияб | чӀужу | яц | рукъ | хӀули | |
Актив | чӀужу-ялъ | яц-алъ | рукъ-алъ | хӀули-ялъ | |
Хаслъул | чӀужу-ялъ-ул | яц-алъ-ул | рукъ-алъ-ул | хӀули-ялъ-ул | |
Кьовул | чӀужу-ялъ-е | яц-алъ-е | рукъ-алъ-е | хӀули-ялъ-е | |
ЧӀовул
(локатив) |
жинда игӀраб | чӀужу-ял-да | яц-ал-да | рукъ-ал-да | хӀули-ял-да |
жиндихъ игӀраб | чӀужу-ялъ-ухъ | яц-алъ-ухъ | рукъ-алъ-ухъ | хӀули-ялъ-ухъ | |
жиндилъ игӀраб | чӀужу-ялъ-улъ | яц-алъ-улъ | рукъ-алъ-улъ | хӀули-ялъ-улъ | |
жиндикь игӀраб | чӀужу-ялъ-укь | яц-алъ-укь | рукъ-алъ-укь | хӀули-ялъ-укь | |
жаниб игӀраб | — | — | рукъ-алъ-уб(в/й/р) | — | |
РачӀул
(аллатив) |
жинде игӀраб | чӀужу-ял-де | яц-ал-де | рукъ-ал-де | хӀули-ял-де |
жиндихъе игӀраб | чӀужу-ялъ-ухъе | яц-алъ-ухъе | рукъ-алъ-ухъе | хӀули-ялъ-ухъе | |
жиндилъе игӀраб | чӀужу-ялъ-улъе | яц-алъ-улъе | рукъ-алъ-улъе | хӀули-ялъ-улъе | |
жиндикье игӀраб | чӀужу-ялъ-укье | яц-алъ-укье | рукъ-алъ-укье | хӀули-ялъ-укье | |
жанибе игӀраб | — | — | рукъ-алъ-убе | — | |
РатӀалъул
(аблатив/транслатив) |
жиндаса(н) игӀраб | чӀужу-ял-даса(н) | яц-ал-даса(н) | рукъ-ал-даса(н) | хӀули-ял-даса(н) |
жиндихъа(н) игӀраб | чӀужу-ялъ-ухъа(н) | яц-алъ-ухъа(н) | рукъ-алъ-ухъа(н) | хӀули-ялъ-ухъа(н) | |
жиндилъа(н) игӀраб | чӀужу-ялъ-улъа(н) | яц-алъ-улъа(н) | рукъ-алъ-улъа(н) | хӀули-ялъ-улъа(н) | |
жиндикьа(н) игӀраб | чӀужу-ялъ-укьа(н) | яц-алъ-укьа(н) | рукъ-алъ-укьа(н) | хӀули-ялъ-укьа(н) | |
жаниса(н) игӀраб | — | — | рукъ-алъ-уса(н) | — |
Лъабабилеб свериялда рекъон сверула чиясул ва чӀужуялъул жинсалъулги хасал цӀарал, гьоркьохъеб жинсалъул гӀезагӀанго цӀарал. Лъабабилеб свериялда рекъон рачӀунел гьоркьохъеб жинсалъул рагӀабазул кьибилалъулъ лъугьуна флексия: ракӀ — рекӀе-ца, цо-цо рагӀабазул актив игӀрабалда -д бачӀине бегьула, гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазул ахиралдаса тамахаб ишара тӀагӀуна[9].
ИгӀраб | Цолъул форма | ГӀемерлъул форма | |||
---|---|---|---|---|---|
чиясул жинс | чӀужуялъул жинс | гьоркьохъеб жинс | |||
Аслияб | МухӀамадкамил | ПатӀимат | ракӀ | рахь | |
Актив | МухӀамадкамили-ца | ПатӀимати-ца | рекӀе-ца | рахьда-ца | |
Хаслъул | МухӀамадкамили-л | ПатӀимати-л | рекӀе-л | рахьда-л | |
Кьовул | МухӀамадкамили-е | ПатӀимати-е | рекӀе-е | рахьда-е | |
ЧӀовул
(локатив) |
жинда игӀраб | МухӀамадкамили-да | ПатӀимати-да | рекӀе-да | рахьда-да |
жиндихъ игӀраб | МухӀамадкамили-хъ | ПатӀимати-хъ | рекӀе-хъ | рахьда-хъ | |
жиндилъ игӀраб | МухӀамадкамили-лъ | ПатӀимати-лъ | рекӀе-лъ | рахьда-лъ | |
жиндикь игӀраб | МухӀамадкамили-кь | ПатӀимати-кь | рекӀе-кь | рахьда-кь | |
жаниб игӀраб | — | — | — | — | |
РачӀул
(аллатив) |
жинде игӀраб | МухӀамадкамили-де | ПатӀимати-де | рекӀе-де | рахьда-де |
жиндихъе игӀраб | МухӀамадкамили-хъе | ПатӀимати-хъе | рекӀе-хъе | рахьда-хъе | |
жиндилъе игӀраб | МухӀамадкамили-лъе | ПатӀимати-лъе | рекӀе-лъе | рахьда-лъе | |
жиндикье игӀраб | МухӀамадкамили-кье | ПатӀимати-кье | рекӀе-кье | рахьда-кье | |
жанибе игӀраб | — | — | — | — | |
РатӀалъул
(аблатив/транслатив) |
жиндаса(н) игӀраб | МухӀамадкамили-даса(н) | ПатӀимати-даса(н) | рекӀе-даса(н) | рахьда-даса(н) |
жиндихъа(н) игӀраб | МухӀамадкамили-хъа(н) | ПатӀимати-хъа(н) | рекӀе-хъа(н) | рахьда-хъа(н) | |
жиндилъа(н) игӀраб | МухӀамадкамили-лъа(н) | ПатӀимати-лъа(н) | рекӀе-лъа(н) | рахьда-лъа(н) | |
жиндикьа(н) игӀраб | МухӀамадкамили-кьа(н) | ПатӀимати-кьа(н) | рекӀе-кьа(н) | рахьда-кьа(н) | |
жаниса(н) игӀраб | — | — | — | — |
ГӀемерлъул формаялда ругел цӀарал игӀрабазде свери.
ИгӀраб | ГӀемерлъул форма форма | ||||
---|---|---|---|---|---|
I свери
ч. ж. |
II свери
чӀ. ж. |
II свери
гь. ж. |
III свери
гь. ж. | ||
Аслияб | вацал | яцал | рукъзал | ракӀал | |
Актив | вац-аз | яц-аз | рукъзаб-аз | ракӀ-аз | |
Хаслъул | вац-аз-ул | яц-аз-ул | рукъзаб-аз-ул | ракӀ-аз-ул | |
Кьовул | вац-аз-е | яц-аз-е | рукъзаб-аз-е | ракӀ-аз-е | |
ЧӀовул
(локатив) |
жинда игӀраб | вас-аз-да | яц-аз-да | рукъзаб-аз-да | ракӀ-аз-да |
жиндихъ игӀраб | вац-аз-ухъ | яц-аз-ухъ | рукъзаб-аз-ухъ | ракӀ-аз-ухъ | |
жиндилъ игӀраб | вац-аз-улъ | яц-аз-улъ | рукъзаб-аз-улъ | ракӀ-аз-улъ | |
жиндикь игӀраб | вац-аз-укь | яц-аз-укь | рукъзаб-аз-укь | ракӀ-аз-укь | |
жаниб игӀраб | — | — | — | — | |
РачӀул
(аллатив) |
жинде игӀраб | вац-аз-де | яц-аз-де | рукъзаб-аз-де | ракӀ-аз-де |
жиндихъе игӀраб | вац-аз-ухъе | яц-аз-ухъе | рукъзаб-аз-ухъе | ракӀ-аз-ухъе | |
жиндилъе игӀраб | вац-аз-улъе | яц-аз-улъе | рукъзаб-аз-улъе | ракӀ-азс-улъе | |
жиндикье игӀраб | вац-аз-укье | яц-аз-укье | рукъзаб-аз-укье | ракӀ-аз-укье | |
жанибе игӀраб | — | — | — | — | |
РатӀалъул
(аблатив/транслатив) |
жиндаса(н) игӀраб | вац-аз-даса(н) | яц-аз-даса(н) | рукъзаб-аз-даса(н) | ракӀ-аз-даса(н) |
жиндихъа(н) игӀраб | вац-аз-ухъа(н) | яц-аз-ухъа(н) | рукъзаб-аз-ухъа(н) | ракӀ-аз-ухъа(н) | |
жиндилъа(н) игӀраб | вац-аз-улъа(н) | яц-аз-улъа(н) | рукъзаб-аз-улъа(н) | ракӀ-аз-улъа(н) | |
жиндикьа(н) игӀраб | вац-аз-укьа(н) | яц-аз-укьа(н) | рукъзаб-аз-укьа(н) | ракӀ-аз-укьа(н) | |
жаниса(н) игӀраб | — | — | — | — |
Адйектив ккола жиндица куц-мухъ, рижа, букӀаниги сипат-сурат жинца бихьизабулеб ва кинаб?, кинай?, кинаб?, кинал? абураб гьикъ лъезе бегьулеб кӀалъал бутӀа. Жинца роцӀцӀинабулеб рагӀухъ балагьун, адъективазул рукӀине бегьула классиялги гӀаламаталги гӀемерлъул формаги: хирияв эмен, хирияй эбел, хирияб тӀалъи, хириял тӀахьал. Цо-цо адйективазулӀ классияб гӀаламат букӀуна кьолболӀги: ворхатав, йорхатай, борхатаб, рорхатал.
Авар адйективал рикьула лъабго тӀелалде:
Суперлативлъи бихьизабизе хӀалтӀизабула аналитикияб конструкция бищун + адйектив: бищун берцинаб, бищун гъваридаб. Буго хасаб, батӀа гьабун бихьизабул форма, жиб лӀугьунеб адйективалъул гӀадатаб формалде тӀаде -аб, -ав, -ай журан: багӀарабаб, кӀудиявав. Дандекквеялъулаб хасаб форма адйективазул гьечӀо, гьеб бихьазабизе хӀалтӀизабула конструкция: цӀар-абл + адйектив: гьелдаса кӀудияб.
ЦӀарсида цадахъ бугел адйектив рекъонккола гьебгун цохӀого-цо классияб яги гӀемелъул формалда, хӀалатазде хисуларо: лебалав чи (абс), лебалав чияс (эрг), лебалав чиясул ген. Адйективазул субстантиватал, цӀар лӀугьарал, хисула чияс классалъулал — I сверуда, чӀужуялъулги гьоркьохъебги — II сверуда рекъон.
Авар рикӀкӀеназул руго хадусел тайпаби: кардиналал, ординалал, дистрибутивиял, групиял, мултипликативиял ва коллективиял. Авар мацӀалъул буго вегестималаб (къоцӀалияб) нумералаб система 40 (=2×20), 60 (=3×20) and 80 (=4×20). Цо-ялде хутӀизегӀан киналго кардиналал рикӀкӀеназде жубала энклитика -го. Журарал рикӀкӀенал лӀугьуна суффиксазул -ила (анцӀила), -ло (къоло), -алда (лъебералда, кӀикъоялда) квекудалъун.
Формалда рекъон рикӀкӀенал рикьула лъабиде:
№ | Тайпа | Суффикс | Мисалал | Гьикъ |
---|---|---|---|---|
1 | БацӀцӀадаб кьучӀ | цо, кӀи | ||
2 | Кардиналал (тӀолабго цадахъ) | -го | цо, кӀиго, анцӀго, нусго | чан? |
3 | Дистрибутивиял (цада-цадахъ боси) | Редупликация | цо-цо, кӀи-кӀи, анцӀ-анцӀ, нус-нус | чан-чан? |
4 | Коллективияб групияб (рихьизарула цвелал) | -(й)абго | кӀиябго, лъабабго, анцӀабго, нусабго | чан? |
5 | Коллективияб групияб (тӀолалъул бутӀа) | -го + -яб | цояв, кӀигояв, анцӀгояв, нусгояв | |
6 | Индефинитал (рикӀкӀиналъул роцӀцӀен гьечӀолъи) | цо-кигӀо, лъабго-ункъго, щуго-анлӀго | ||
7 | Мултипликативал (чан нухалъ букӀин) | -цӀул | цоц1ул (цин), к1иц1ул, анц1ул, нусц1ул | чанцӀул? |
8 | Ординалал (цоцада хаду-цере рукӀин) | -абилеб | цоабилеб, кӀиабилеб, анцӀабилеб | чанабилеб? |
РикӀкӀенал хӀалтӀизарула номиналияб модификатор гӀадин цӀарсазда цебе, гьедин бугелъул цӀарисги букӀуна цолъул формалда. ЦӀиккӀанисел рикӀкӀеназул буго адйективазулаб морфосинтактикияб рижа, гьезул субстантиватал хисула II-б сверуда рекъон.[10]
Авар мацӀалда руго хадусел типазул цӀарубакӀал: персоналиял (гьумералъул), демонстративиял (бихьизабул), рефлексивиял, реципрокалиял, интеррогативиял (гьикъул) ва индефинитал.[11]
Перосоналиял цӀарубакӀазул буго кӀиго гьумер: 1-себ — дун, эксклюзивияб ниж, инклюзивияб нилӀ; 2-леб — мун, нуж.
ХӀалат | 1сг | 2сг | 1пл.инкл | 1пл.экскл | 2пл |
---|---|---|---|---|---|
Абсолютив | дун | мун | нилӀ | ниж | нуж |
Эргатив | ди-ца | ду-ца | нилӀе-ца | ниже-ца | нуже-ца |
Генитив | ди-р | ду-р | нилӀе-р | ниже-р | нуже-р |
Датив | ди-е | ду-е | нилӀе-е | ниже-е | нуже-е |
Эссив | ди-да | ду-да | нилӀе-да | ниже-да | нуже-да |
Латив | ди-де | ду-де | нилӀе-де | ниже-де | нуже-де |
Аблатив | ди-даса | ду-даса | нилӀе-даса | ниже-даса | нуже-даса |
Транслатив | ди-дасан | ду-дасан | нилӀе-дасан | ниже-дасан | нуже-дасан |
Инструментал | ди-далъун | ду-далъун | нилӀе-далъун | ниже-далъун | нуже-далъун |
Лъабабилеб гьумералъе хӀалтӀизарула демонстративиял цӀарубакӀал, жал ратӀа гьарулел классалдалъун, рикӀкӀадалъун, кӀалъалезде бугеб гӀагарлъуд ва гъоркьа-тӀаса ккеялдалъун (вертикаллъи). Жалго жидедаго хӀалтӀизарулел ругони, демонстративиял цӀарубакал хӀалатазде хисула I ва II сверуда рекъон.
Чиясул | ЧӀужуялъул | Гьоркьохъеб | ГӀемерлъул | Комментарий |
---|---|---|---|---|
гьа-в | гьа-й | гьа-б | гьа-л | кӀалъалезде гӀагарда; цого борхалъи |
гье-в | гье-й | гье-б | гье-л | адресатазде гӀагарда; кӀалъалесдаса двегӀан |
до-й | до-й | до-б | до-л | кӀалъалездаса рикӀкӀад |
гьада-в | гьада-й | гьада-б | гьада-л | кӀалъалездаса рикӀкӀад |
гъо-й | гъо-й | гъо-б | гъо-л | кӀалъалездаса рикӀкӀадги гъоркьегӀанги |
гьагъа-в | гьагъа-й | гьагъа-б | гьагъа-л | кӀалъалездаса рикӀкӀадги гъоркьегӀанги |
лъо-в | лъо-й | лъо-б | лъо-л | кӀалъалездаса рикӀкӀадги эххедегӀанги |
гьалъа-в | гьалъа-й | гьалъа-б | гьалъа-л | кӀалъалездаса рикӀкӀадги эххедегӀанги |
Рефлексивиял цӀарубакӀазул, щибалъулӀ классги, рикӀкӀенги, хӀалатӀги бугеб лъабго батӀияб тип буго:
Рефлексивиял конструкциябазда рефлексивал ккола цохӀо лъабабилеб гьумералъе. ТӀоцебеселъеги кӀиабилелъеги хӀалтӀизарула персоналиял цӀарубакӀал эмфатикияб энклитик -го: дун-го, ди-ца-го, ниж-го, ниже-цаго.[12]
Интеррогативиял (гьикъул) цӀарубакӀал ккола:
Индефинитал яги баян-гьечӀе цӀарубакӀал лӀугьуна интеррогативиязул кьучӀде яги цо рикӀкӀеналде суффиксалги энклитикалги журан.[13]
Тип | ЛӀугьин | Мисал |
---|---|---|
спецификиял | -али + -го | щивалиго кинабалиго |
тӀасарищул | -ни + -ги | щибниги кибниги |
универсалал | -го[lower-alpha 1] | щивго кибго |
дистрибутивиял | редупликаци + -ни + -ги | щиб-щибниги киб-кибниги |
негативиял | -ни + -ги[lower-alpha 2] | щибниги кибниги |
негативиял | -го[lower-alpha 3] | щибго кибго |
кинабголъул | -аб | щибаб |
тӀолголъул | — | тӀолабго тӀолгояв |
Авар мацӀалда вербазул руго хадусел категорияби: поларлъи (гьечӀолъи), мехх, модус, модаллъи, аспект, эвиденциаллъи. Рекъонккей буго классияб ва рикӀкӀадулаб, гьечӀо персонияб (гьумерияб). Буго цӀакъ гӀатӀидаб хисулаб система, батӀи-батӀиял финитиял-гурел формаби.[14]
Авар мацӀалъу фигӀлабазул аспектияб категориялде гъорлъе ккола фреквентативияб (такрарлъул) форма. Гьелъ жидеца цо-цо ишазул цадахълъи ялъуни цоцада хадуб ккей бихьизабула; лӀугьуна фреквентатив такрарлъунгутӀиял фигӀлабаздаса хадусел къагӀидабаз:
Куц | ХӀалтӀизаби | Мисал | |
---|---|---|---|
Суффиксация | -ар | аслияб ва бищун продуктивияб | бохьизе — бохь-ар-изе, хисизе — хис-ар-изе, малълъизе — малълъ-ар-изе |
-дар | CV вербал ва деноминалиял вербал | хъвазе — хъва-дар-изе, пузе — пу-дар-изе, хех-дар-изе, щак-дар-изе | |
-д | -а- бугел тӀоцересел аслуязда ва редупликациял ва гьаркьада релълъарал аслуязда. | лъалъазе — лъалъа-д-изе, чӀаразе — чӀара-д-изе; мими-д-изе, къвакъва-д-изе, гӀергӀе-д-изе | |
-ахъд | хурхинабула жидер тӀоцересел такрарлъул формантал ругел аслуязда | кӀобокӀ-ахъд-изе, бекер-ахъд-изе, багъар-ахъд-изе | |
-де | аслияб куцалъ сонорияб, ларингалияб яги лабиалияб гьаракь бугезда | гьализе — гьал-де-зе, кьвагьизе — кьвагь-де-зе, ахӀизе — ахӀ-де-зе, амма къап-е-зе, хьвагӀ-е-зе | |
-анхъ | багъа-бачариялъул вербазда | боржине — борж-анхъ-изе, билълъине — билълъ-анхъ-изе, белъизе — белъ-анхъ-изе | |
Аблаут | у/и > е | CVRC вербазда, кьабизабуца бакӀ хисула | гъа́нчизе —гъанч-е́-зе, пи́рххизе — перхх-е́-зе, кӀу́тӀизе — кӀетӀ-е́-зе |
Кьабизабуца бакӀ хиси | кӀа́нцӀана — кӀанцӀа́на, хӀа́нчӀана — хӀанчӀа́на | ||
Кьолбол редупликация | бихьизабула ишалъул цо чанго фаза букӀин | къотӀизе — къотӀ-къотӀизе, хъарсине — хъарс-хъарсине, кьуризе — кьур-кьуризе | |
Баян: цо-цо вербазул такрарлъул формаби лӀугьуна аблауталдалъунги редупликациялдалъунги: кӀутӀизе — кӀетӀезе — кӀутӀ-кӀутӀизе |
Каузатив, яги жо гьабизе тӀами биччӀизабулеб вербалаб форма лӏугьуна инфинитив ва гьа-б-изе форма цоцалъӀиналдалъун: гьабизе — гьабизабизе, хӀалтӀизе — хӀалтӀизабизе, хъвазе — хъваз-а-б-изе.
Авар мацӀалъул фигӀлуялъул системаялда руго синтетикиял ва аналитикиял заманалъул формаби. Синтетикиязде гъорлъе ккола:
Аналитикиял формаби лъугьуна гьанже заманалъул сипат-фигӀлу (бутӀагьаби, яги причастие), араб заманалъул трансгрессив ва инфинитив «букӀине» фигӀлуялъул финитияб формагун цадахъ лъун. Аналитикиял формабазде гъорлъе уна:
Араб заманалъул формаби гьединго лъугьине бегьула гьанжеселдаса -ан суффиксалъул кумекалдалъун[15]: Дун хонжрокьа хӀинкъулаан.
Транзитивияб вербалъе букӀине ккола пациенс, жинде тӀаде агенсалъул гьабел кколеб: васас (агенс, акт. и.) кагъат (пациенс) хъвана (гьабел). Вербазда бан букӀуна агенсалъул хӀалатги. Жиб кидаго транзитивияблъун букӀунеб ккола каузативияб форма: гьабизабуна, букӀинабуна, хъвазабуна.
Интранзитивияб вербалъе къваригӀунаро битӀараб тӀадежубай, жибго агенс букӀуна абсолутивалда, гьелдего буссараб букӀуна предикатги: ихх тӀаде щвана. Кидаго интранзитивияллъун букӀуна вербазул фреквентативияб форма: хъвадарана, цӀехолдула цги.
ЦӀиккӀанисел вербазул транзитивлъи букӀин лъазе бегьула императивалда эзул букӀунеб формалда рекъон: -е суффикс бугел ккола транзитивиял (гьаб-е — гьабизе, те — тезе, къотӀе — къотӀизе), -а суффикс бугел ккола транзитив-гурел (а — ине, бачӀа — бачӀине, бега — бегизе), хӀо руго гьоркьосарахъабиги: чӀвазе, базе цги.
ТӀадрагӀиялъ авар мацӀалда баян гьабула фигӀлуялъ бихьизабулеб иш лъугьараб куц, заман, бакӀ ва гьеб лъугьиналъе гӀилла-мурад. Жумлаялда жаниб тӀадрагӀи букӀуна хӀаллъун, ва гьеб хурхараблъун букӀуна предикаталда: жакъа дун цудунго вахъана — гьаниб цудунго абураб тӀадрагӀиялъ бихьизабун буго иш лъугьараб заман, ва гьеб вахъана абураб предикаталда бухьараб буго. ТӀадрагӀиялъе жаваблъун рачӀуна кин?, кибе?, киб?, кисан?, щай?, щиб гӀиллаялъе гӀоло?, щиб мурадалда?, гӀадал суалал.
ТӀадрагӀиялъул рукӀунаро рагӀи хисиялъул формаби, амма авар мацӀалда руго цо-цо тӀадрагӀаби, жидер данде ккезариялъул суффиксал ругел: аскӀо-б, аскӀо-в, жани-б, це-б-е, хаду-б, гьани-б ва ц. Чанго бакӀалъул тӀадрагӀи хӀалтӀизабула заманалъул магӀна кьезеги. ГӀемерисел бакӀалъул тӀадрагӀабазул дифференциация гьабула локативалъул, аллативалъул ва аблативалъул формабазде: жани-б, жани-б-е, жани-са.
ГӀуцӀиялъул рахъалъ авар мацӀалда тӀадрагӀаби рикьула кӀиго тӀелалде: асляздеги лъугьараздеги. Аслиял ккола жал цоги каламалъул бутӀаяздаса жал лъугьинчӀел: сон, метер, жакъа, сах, лъикӀ, хъахӀ, берцин ва гь. ц. Гьездехун рекӀинабизе бегьула кутаклъизабулеб бутӀа — -го (сон-го, метер-го). Аслиял тӀадрагӀабаздаса лъугьуна цогидал каламалъул бутӀаби:
Лъугьарал наречиял ккола жал цоги каламалъул бутӀазабаздасан лъугьарал:
Лъугьуна | Лъугьунеб къагӀида | Мисал | |
---|---|---|---|
ЦӀаралдаса |
|
|
|
ЦӀарубакӀаздаса |
|
|
|
РикӀкӀеназдаса |
|
|
|
Конвербаздаса |
|
|
|
МагӀнаялъул рахъалъ авар тӀадрагӀаби рикьула хадусезде:
Цо-цо тӀадрагӀаби, сифатал гӀадин, жинсалде балагьун, цолъул яги гӀемерлъул формалде балагьун, хисула, амма тӀадрагӀабазулъ бачӀуна -р суффикс, сифатазда гӀадин -л бачӀунаро: хадув, хадуй, хадуб, хадур.
Суал | Мисал |
---|---|
кибе? | рикӀкӀаде |
киса(н)? | рикӀкӀадаса(н) |
киб? | рикӀкӀад |
кида? | радал |
кидаялде? | радалалде |
кидаялдаса(н)? | радалалдаса(н) |
Авар мацӀалда дандраял хӀалтӀизарула рагӀаби яги жумлаял дандразе; гьел рикьула чанго тайпаялде:
Дандрай | ХӀалтӀизабула | Хаслъи | Мисал |
---|---|---|---|
Цолъизарул | |||
-ги[lower-alpha 1] | кӀиго рагӀи, ялъуни кӀиго жумла цоцазда бухьинабизе | ккола авар мацӀалъул жиндирго букӀараб дандбай; кӀиябго рагӀулъ, я жумлаялъулъ гьеб такрарлъула, ва рагӀуда рекӀун хъвала | Вас гьечӀого кавуги хутӀутеги, яс гьечӀого эбелги хутӀутеги (К.) |
ва[lower-alpha 2] | кӀиябго рагӀулъ, я жумлаялъулъ такрарлъуларо, цохӀо нухалъ рехсон букӀуна кӀиябго жиндица бухьун бугеб рагӀулъ; хъвала батӀаго. | Гьениб Нажмудиница гьесие къого тумен кьела ва цо лъагӀелалъ бид вахъун балъго Чачаналъе витӀила (ГӀ. Ш.) | |
жеги[lower-alpha 3] | Хъвадаро, тӀамач, жеги къаламги хӀажалъула | ||
гьединго | ГӀали, МухӀамад, гьединго дун экскурсиялъ ун рукӀинчӀо. | ||
Гьоркьоса бахъиялъул | |||
я | кӀиго рагӀи, я кӀиго жумла цоцазда данде кквезе яги гьоркьоса бахъизе | кӀиябго цоцазда данде лъолеб рагӀуда цебе лъун такрар гьабула ва батӀа тӀун букӀуна | Я нижее, я машинаялъе кӀудияб зарал ккечӀо (Р. хӀ.) |
ялъуни | Дуца гьеб иш тӀубай, ялъуни тӀаде босуге. | ||
Данде ккунгутӀиялъул дандраял | |||
амма | кӀиго рагӀи, я жумла данде ккунгутӀи бихьизабизе | Живго жинцаго чӀвазе захӀматаб амру гуро,
Амма яхӀ бугес гӀумру гӀаламалъе цӀунула (цӀ. хӀ.) | |
Релълъенлъиялъул дандраял | |||
гӀадин | цо рагӀи цогиялда релъараб букӀин бихьизабизе | жубараб нахъбиллъараб жумлаялъулъ релълъенлъиялъулаб магӀна кьола | КвачӀида бахъун чӀараб гьалагаб барти гӀадин, гӀурул лъимер, щай ралъад, мун речӀчӀанхъулеб бугеб? (М. Гъ.) |
киниги | Чед бортараб таргьа кинигин (К.) | ||
Нахъбилълъиналъул дандраялъулал рагӀаби | |||
щай абуни | Жубараб нахъбилълъараб жумлаялъулъ бетӀерабги, гьелда барабги жумла бухьине | гӀилла-мурадалъулаб магӀна кьола | Метер дарсиде рачӀуне кколаро, щай абуни метер байрам буго. |
щай гурелъул | Машина бачун бажаруларо, щай гурелъул нухда биццатаб гӀазу буго. | ||
гьелъие гӀоло | хӀасил бичӀчӀизабулеб магӀна кьола | ГӀиял магӀарде рагъарана, гьелъие гӀоло гӀи тӀобитӀизе гӀолохъаби къватӀир рахъана. | |
гьединлъидал | Микьго тӀубана, гьединлъидал нижги школалде ана. | ||
гьелдалъун | Доб мехалъ орденги цӀарги цӀакъ къанагӀатаб ва гьелдалъун къиматаб букӀана (хӀ. Р.) | ||
гьебмехалъ | заманияб магӀна бичӀчӀизабулеб магӀна кьола | МухӀамадихъе хабар щвана, гьебмехалъ гьев къватӀив вахъана. | |
гьеб заманалда | Дица университет лъугӀизабила, гьебмехалда лъугьина хӀалтӀизе |
БутӀабаз жумлаялда жаниб цо-цо рагӀабазде тӀаде жураялдалъун гьел рагӀабазе батӀи-батӀияб магӀна кьола. Жибго батӀаго босун цониги бутӀа каламалда жаниб хӀалтӀизабуларо, гьелъул жиндирго магӀнаги букӀунаро. гӀемерисел бутӀабаз рагӀабазул магӀна батӀи-батӀияб рахъалдаса кутаклъизе, мухӀканлъизе гьабула. Цо-цо мехалда гьел хӀалтӀизарун рукӀине бегьула суффиксазул бакӀалдаги. Авар мацӀалда гӀемер руго бутӀабазул кумакалдалъун лъугьарал тӀадрагӀаби, рикӀкӀенал, ва гь. ц.: щай — щай-го, кида — кида-го, щуго — щу-цӀул, нусго — нус-цӀул. БутӀабазул кумакалдалъун лъугьуна цӀиял рагӀабиги: масала, фигӀлуялъул суалияб хисизаби форма: босула — босул-ищ, кьола — кьол-ищ. Цо-цо бутӀабаз кӀалъалесул рекӀел асар загьир гьабула; гьелда рекъон рагӀул интонация хисизабизе ккола, логикияб ударение гьеб рагӀуде тӀаде кколедухъ[16]. БутӀабазул тӀелал:
Гьел тӀадехун рехсаразде гьорле унарел бутӀаби:
ГӀемерисел бутӀаби авар мацӀалда хъвала жал хурхарал рагӀабазда рекӀун, гьеб асасалдаса гьоркьосарахъиял руго хадусел:
Авар мацӀалда буго гӀурабго къадар хадурегӀелазул, гьезул функция — бакӀалъулал гьоркьолъаби рихьизари. ХӀадурегӀелал рукӀуна цӀаразда хадур, ва гьез цӀаразда цадахъ гӀуцӀула цоккураб рагӀабазул дандбай — хадурегӀелалъулаб конструкция, жинда жаниб синтаксиял хурхенал загьир гьарулеб. ИгӀрабиял формабазда цадахъ хадурегӀелаз дагьалъги цӀикӀкӀун загьир гьарула рагӀабазул дандраязул компонентазда гьоркьор ругел манзилалъул, бакӀалъул хурхенал. Мисалале: шагьаралда бугеб музей — гьаниб шагьар рагӀул жинда падежалул кумекалдалъун бичӀчӀизабулеб буго музей шагьаралда жаниб букӀин; цоги мисал: шагьаралда аскӀоб бугеб парк — гьаниб жинда игӀрабалда цадахъ хӀалтӀизабун буго аскӀоб хадурегӀел, гьелъ бичӀчӀизабулеб буго парк шагьаралда жаниб гуреб, аскӀаб букӀин[17]. ХадурегӀелал хӀалтӀизаруларо аллативаздаги аблативаздаги цадахъ, хӀалтӀизарула локативгун ва рихьизарула бакӀалъул игӀрабаз жидецаго рихьизарулел сверухъбакӀалъул гьоркьолъаби.
ХӀадурегӀелал ккола кумекалъул рагӀабилъун, гьединлъидал гьел рагӀабазул дандраязул жалго жидедаго чӀарал бутӀабилун кколаро; гьел рагӀабузул дандраязде гъорлъе ккола гӀицӀго цӀаразда цадахъ цо компонент хӀисабалда.
ХадурегӀелал лъугьун руго батӀи-батӀиял каламалъул бутӀабаздаса:
ЦохӀо гӀоло ккола гӀицӀго хадурегӀеллъун, хутӀарал хадурегӀелал формабаздалъун тӀадрагӀабазда релълъерал рукӀуна. Гьезда гьоркьоб букӀуна магӀнаялъулаб батӀалъи, хадурегӀелал хурхарал рукӀуна цӀаралъул I сериялъул локативгун: тӀад — ганчӀида тӀад, гъоркь — ганчӀида гъоркь, аскӀоб — ганчӀида аскӀоб, хадуб — гьелдаса хадуб[18]. ТӀадрагӀабилъун ругеб мехалъ гьел рагӀабаз бичӀчӀизабула бакӀалъулаб магӀна, киб? кибе? кисан? абурал суалазе жаваблъунги рачӀуна, цогидал тӀадрагӀаби гӀадин гьел рагӀаби жумлаялда жаниб предикаталда рухьарал рукӀуна.
Жидер семантикаялда рекъон хадурегӀелал рикьула лъабго тайпаялде[19]:
СверухъбакӀалъул магӀна кьолел хадурегӀелазул рукӀуна киналниги бакӀазул игӀрабазул формаби (гьоркьосарахъияллъун ккола буссинабиялъул хадурегӀелал: эхебе, эхеде, гӀебеде, квегӀиса, квараниса). Цо-цо хадурегӀелал игӀрабаздеги сверула, гьезул букӀуна локативазул чӀванкъотӀараб сериязул форамаби; хадурегӀелазул игӀраб бараб букӀуна фигӀлияб семантикаялда, гьего заманалда цӀаралъул форма хисуларо. Жинсияб гӀаламат гъорлъ ругел хадурегӀелал лъабабго жинсалдеги ва гӀемерлъул формаялдеги хисула: аскӀов, аскӀой, аскӀоб, аскӀор.[9]
Авар мацӀалда гьоркьоберехаз бихьизабула кӀалъалев чиясул батӀи-батӀиял хӀалал ва рекел асарал загьир гьаризе. Цого гьоркьоберехалъ, каламалъул бакӀалде ва гьелъул мурадалде балагьун, батӀи-батӀиял асарал ричӀчӀизаризе бегьула. Масала: огь абураб рагӀи рохел, пашманлъи, тамашалъи, хӀинкъи, рекӀекълъи бичӀчӀизабизе хӀалтӀизабун букӀине бегьула. Гьоркьобрехиязда гъорлъе уна ле, огь, я, ия, ияхӀ, вай, гьа, огьо-гьой, вала-лай, ваба-бай, гьай залин, унго, вахӀ, гьуя, гьая. Горкьорехал рикьула хадусел тайпабазде:
Гьоркьоберехазде гьоркьоре уна гьединго алхӀамдули-лагь, шукру Аллагьасе! гӀадал цочӀарал калимабиги. Гьоркьоберахездехун хурхинарула гьединго гаркьазул къагӀидабиги.[20]
Гьоркьорехал рукӀуна гӀадаталги журалралги. Журарал хъвала гьоркьоб хӀучч цӀан (гьа-гьа, ваба-бай). Цоцада хадуб чанго гьоркьоберех хъван бугони, гьезда гьоркьоб рачӀ-тӀанкӀ (лъалхъул ишара) лъола. Горкьоберехазда хадур хӀалтӀизарун ругони бутӀаби, гьел гьоркьоберехгун рекӀун хъвала (унхале, огьха).[9]
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.