From Wikipedia, the free encyclopedia
Къуръа́н (гӀараб: اَلْقُرآن [qurˈʔaːn] — аль-К̣ъур’а̄н ) — ккола ТIадегIанав Аллагьасул калам, жиндилъ мугIжизат бугеб, ва жибги рещтIараб жиндир лагъ ва аварагзабазул бищунго ахирисев МухIаммад аварагасда ( жинда Аллагьасул цIоб рахIмат лъеяв).
Ва гьеб Къуръанги жиб Аллагьас цIунараб буго хисизабиялдаса, тIадцIикIизабиялдаса ва камизабиялдаса. Аллагьас абулеб буго хирияб Къуръаналда(Къуръан, 15:9):
ХIакълъунго, Дица рещтIана гьеб Къуръан. Ва Дун вуго гьеб цIунулев |
Къуръан буго аварагас жал рацIадал асхIабзабазда жиб малъараб, жибги данд бакIарараб Абубакр асхIабас, ГIумар асхIабасул ишараялдалъун. ГIусман асхIабас жибги хъвараб, ва жинда тIад тIубанго умматги рекъараб[1].
Хирияб Къуръан буго TIадегIанав Аллагьас жиндие вокьулев МухIаммад Аварагасда ﷺ рештIинабураб тIехь, гьелдалъун жинца гIадамал жагьиллъиялъул бецIлъиялдаса иманалъул нуралде рачине, куфру-ширкалъул, зулму-хIалалъул, талихI къосиналъул нухдаса гьел хвасар гьаризе.
Къуръан букӀана аварагасдасан лъазабун ва къаламалъ хъван асхӀабзабаз. Аллагьас гьеб ЖабрагӀил малаикасдасан рештӀинабуна МухӀаммадихъе ﷺ . Ва гьеб рештӀула букӀана 23 (жеги битӀун 22 соналъ, 610 соналдасан 632 соналде щвезегӀан.) соналъ, тӀоцебесеб вахӀьюги букӀана аварагасул 40 сон бугеб мехалъ, Лайлатул-Къадралъ (Рамазан моцӀ).
Къуръан хӀакъалъулъ руго гӀемерал гӀелмиял хӀалтӀаби, бусурбабаз гьарурал гурониги капураз гьаруралги. Бищунго кӀудияб ва гӀаммабги камилабгилъун рикӀкӀуна Жалал ад-Дин ас-СуйутӀияс (1455—1505) хъвараб, «Къуръаналъул гӀелмабазул камиллъи»-абураб тӀехь[2].
Къуръан, исламалъул догматикаялде рекъон, — буго:
Цо-цо исламиял пачалихъазда бусурбабазул гӀадат - суннатгун Къуръан буго Къануналъул аслу, динияб рахъалдасанги, гражданскияб ва уголовнияб рахъаздасанги.
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.