From Wikipedia, the free encyclopedia
МухІа́ммад ﷺ (гІар. محمد [mʊħɑmːæd] ), 570 соналъул 26 апрелалъ Маккаялда гьавурав ахирисев авараг. Аллагьас гьесухъе ﷺ рещтІана вахІйалдалъун Къуръан. МухІаммад ﷺ вукІана цеветІурав сиясатчилъунги, рагъул цевехъанлъунги ва гьединго тІоцебе бусурбабазул умма жинца гІунцІцІаравлъунги. Гьев чІаго вугев мехалда, тІолабго ГІарабазул бащадабчІинкІиллъи букІана исламалъул ракьлъун.
МухІаммад ибну ГІабдуллагь | ||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Аварагасул цlар гlараб мацlалда | ||||||||||||||||||||||||||||
«'Park Brokers Bank، Civitas Teele Kang، Non Certain Sum Quid Facere، Hazran، Ruqaiya، General Tasha، Avnik Ra، Ibrahim Iwanga، Yama Kasima، Nullari، Mariam، Kultuma، Alhaji Wagerham Wegelham، Katiron Lipo، Ibrahim Mariam; rashmaАхІмад, Абул Къасим, Абу ТІайгиб, Набию Ттавба, Набию РрахІмат, Набиюл МархІамат, Набиюл МалхІама, АррахІматул Мугьдат, Сайиду валади Адам, ХІабибу РрахІмат, Алмухтар, АлмусстІапа, Алмужтаба, Ассадикъ, алмассдукъ, Ал Амин, СсахІибу шшапагІати вал макъамил МахІмуд, СсахІибул Василати вал Падилати вад Даражати РрапигІа, СсахІибу Ттажи вал МигІраж, Имамул муттакъин, Сайидул мурсалин, Къаидул гъуррил мухІажжалин, Аннабийюл уммий, Расулу Ллагь, Хатаму Ннабийин, Аррасулул агІзам, Ассиражул мунир, Аннур, Арраупу РрахІим, АлгІурватул вускъа» | ||||||||||||||||||||||||||||
Гьав(й)и | Ошибка Lua в Модуль:Sources на строке 294: attempt to call field 'list_ref' (a nil value)., | |||||||||||||||||||||||||||
Хвел | 8 июнь 632
, [[[Park Brokers Bank، Civitas Teele Kang، Non Certain Sum Quid Facere، Hazran، Ruqaiya، General Tasha، Avnik Ra، Ibrahim Iwanga، Yama Kasima، Nullari، Mariam، Kultuma، Alhaji Wagerham Wegelham، Katiron Lipo، Ibrahim Mariam; rashma]]]Мадина | |||||||||||||||||||||||||||
КІодо гьавула | Исламалда | |||||||||||||||||||||||||||
Авараглъи кьей | 13 Рамазан гь.ц., / август 610 сон، [[
МухІа́ммад ﷺ (гІар. محمد [mʊħɑmːæd] ), 570 соналъул 26 апрелалъ Маккаялда гьавурав ахирисев авараг. Аллагьас гьесухъе ﷺ рещтІана вахІйалдалъун Къуръан. МухІаммад ﷺ вукІана цеветІурав сиясатчилъунги, рагъул цевехъанлъунги ва гьединго тІоцебе бусурбабазул умма жинца гІунцІцІаравлъунги. Гьев чІаго вугев мехалда, тІолабго ГІарабазул бащадабчІинкІиллъи букІана исламалъул ракьлъун. ЦІарИсламалда цІаралъе кІудияб кІвар кьола. «МухІаммад» абураб цІаралъул магІна буго «Жиндие рецц гьабулев», «Реццалъе мустахІикъав». Къуръаналда жаниб гьеб цІаралдалъун аварагасул рхсей ункъго нухалъ гурони гьабун гьечІо. Къуръаналда аварагасул бицен гьабун бицунеб бакІазда гьесде абулел руго батІи-батІиял цІарал: (ан-Наби) - авараг, (Расул) - чапар, (ГІабд) - Аллагьасул лагъ, (Башир) - рохел бицунев, (Назир) - хІинкъи кьолев, (Музаккир) - ракІалде щвезабулев, (Шагьид) - нугІлъи гьабулев, (ДагІий) - Аллагьасда гьардолев ва гь.ц. Аварагасул цІар бахъун хадуб, гьесде «Салла-л-Ла́гьу гІалайгьи ва саллам» (ГӀараб: صلى الله عليه وسلم) -абун салават битІула. Муъминзабаз аварагасде ﷺ хитІаб гьабун кІалъалел маехалъ, Абул-Къасим абун тІокІцІар ахІун гьабулаан гьесде хитІаб ва авараг чІаго вугев мехалда цо гьесул гурони букІинчІо гьединаб тІокІцІар. Гьесде данде тущманлъи гьабулел капурзабаз гьесде Ибн Абу Кабша абун ахІулаан, гьелъул магІна буго Абу Кабшал вас абураб, Абу Кабша вукІана аварагасул ﷺ рахьдал эбел ХІалиматил бетІергьанчи[2]. СипатИсмагІил аварагасул гІалайгьи ссалам наслуялъул МухІаммад авараг, кутакалда батІа вахъулев вукІана хутІарал гІарабаздаса, гьесул черхалъул хъахІаб кьералдалъун. Гьесул заманаялъ рукІарал асхІабзабазул р.гІ. рагІабазда рекъон, авараг вукІана кІигъажалъан гІебав, гьоркьохъеб халатлъиялъул, кверал ва угъдул чІахІияв. Гьесул ﷺ мегеж букІана ризаб, кІалги бералги гІатІидал. Гьодида кІигъажада гьоркьоб букІана авараглъиялъул хатму (печать).[3]. Гьесул ﷺ рукІана халатал берзул тІелхал, гургин ккарал кьунсрул ва халатаб габур.[4] Исламалъул кІудияв гІалим ва тарихчи Абу ЖагІпар МухІаммад атІ-ТІабарияс жиндирго «Тариху атІ-ТІабари» абураб тІехьалда хъван буго аварагасул сипаталъул хІакъалъулъ гьадин: { | |||||||||||||||||||||||||||
Вукъун вуго | ГІаишатил хІужраялъув, Масжиду ан-Набавиялда | |||||||||||||||||||||||||||
РакІалде щвезавулеб тарих | 9 РабигІул-Аввал | |||||||||||||||||||||||||||
ГІаламат | Къуръан | |||||||||||||||||||||||||||
ШапагІаталъе росула | кинабниги махлукъат | |||||||||||||||||||||||||||
Насаб | эбел: Park Brokers Bank، Civitas Teele Kang، Non Certain Sum Quid Facere، Hazran، Ruqaiya، General Tasha، Avnik Ra، Ibrahim Iwanga، Yama Kasima، Nullari، Mariam، Kultuma، Alhaji Wagerham Wegelham، Katiron Lipo، Ibrahim Mariam; rashmaАминат бинт Вагьб эмен: ГІабдуллагь ибн ГІабдул МутІалиб рахьдал улбул: СагІдияй ХІалимат ва Сувайбат рахьдал вацал ва яцал: ХІамзат ибну ГІабдул МутІалиб (инсул вац) Абу Салама ибну ГІабдул Асад Абу Супян ибну ал-ХІарис (вацгІал) ГІабдуллагь ибну ал-ХІарис ас-СагІди Шаймаъ бинту ал-ХІарис Аниса бинту ал-ХІарис лъудби: Хадижат бинт Хувайлид Савадат бинт ЗамгІа ГІаишат бинт Абу Бакр ХІаписат бинт ГІумар Зайнаб бинт Хузаймат Умм Салама бинт Абу Умайя Умм Салама бинт Абу Умайя Жувайрият бинт ХІарис РайхІанат бинт Зайд Сапият бинт ХІуяй Сапият бинт ХІуяй Марият ал-КъибтІийя Маймунат бинт ХІарис васал: Къасим ГІабдуллагь Ибрагьим ясал: Зайнаб Рукъият Умм Кулсум ПатІимат | |||||||||||||||||||||||||||
Мугьро |
Исламалда цІаралъе кІудияб кІвар кьола. «МухІаммад» абураб цІаралъул магІна буго «Жиндие рецц гьабулев», «Реццалъе мустахІикъав». Къуръаналда жаниб гьеб цІаралдалъун аварагасул рхсей ункъго нухалъ гурони гьабун гьечІо. Къуръаналда аварагасул бицен гьабун бицунеб бакІазда гьесде абулел руго батІи-батІиял цІарал: (ан-Наби) - авараг, (Расул) - чапар, (ГІабд) - Аллагьасул лагъ, (Башир) - рохел бицунев, (Назир) - хІинкъи кьолев, (Музаккир) - ракІалде щвезабулев, (Шагьид) - нугІлъи гьабулев, (ДагІий) - Аллагьасда гьардолев ва гь.ц.
Аварагасул цІар бахъун хадуб, гьесде «Салла-л-Ла́гьу гІалайгьи ва саллам» (ГӀараб: صلى الله عليه وسلم) -абун салават битІула.
Муъминзабаз аварагасде ﷺ хитІаб гьабун кІалъалел маехалъ, Абул-Къасим абун тІокІцІар ахІун гьабулаан гьесде хитІаб ва авараг чІаго вугев мехалда цо гьесул гурони букІинчІо гьединаб тІокІцІар. Гьесде данде тущманлъи гьабулел капурзабаз гьесде Ибн Абу Кабша абун ахІулаан, гьелъул магІна буго Абу Кабшал вас абураб, Абу Кабша вукІана аварагасул ﷺ рахьдал эбел ХІалиматил бетІергьанчи[6].
ИсмагІил аварагасул гІалайгьи ссалам наслуялъул МухІаммад авараг, кутакалда батІа вахъулев вукІана хутІарал гІарабаздаса, гьесул черхалъул хъахІаб кьералдалъун. Гьесул заманаялъ рукІарал асхІабзабазул р.гІ. рагІабазда рекъон, авараг вукІана кІигъажалъан гІебав, гьоркьохъеб халатлъиялъул, кверал ва угъдул чІахІияв. Гьесул ﷺ мегеж букІана ризаб, кІалги бералги гІатІидал. Гьодида кІигъажада гьоркьоб букІана авараглъиялъул хатму (печать).[7]. Гьесул ﷺ рукІана халатал берзул тІелхал, гургин ккарал кьунсрул ва халатаб габур.[8]
Исламалъул кІудияв гІалим ва тарихчи Абу ЖагІпар МухІаммад атІ-ТІабарияс жиндирго «Тариху атІ-ТІабари» абураб тІехьалда хъван буго аварагасул сипаталъул хІакъалъулъ гьадин:
|
Аварагасе ﷺ бокьулаан хъахІаб кьералъул ретІел ретІине. ГІемерисеб нухалда гьес ﷺ ретІунаан халатаб горде ва мухъахараб йаманалъул гужгат ва гьединго чалмаги изарги (тІажуги). Квералда гьес ﷺ хун букІана баргъич, жинда тІад «МухІаммад — Аллагьасул авараг» - абун хъвараб. Гьев ﷺ вукІана вацІцІадав, мискалъул махІ гьабулаан ва мисвакалдалъун гІусал чурулаан[10] Гьев ﷺ кІалъаан пасахІатго, къокъго баянго, цо-цо мехалда лъабго нухалъ такрар гьабулаан бицараб жо, гІадамазда рекІелъ бессизегІан. Гьев ﷺ гьоркьо-гьоркьов гьимулаан ва цо-цо нухалъ велъанхъулаан ва гьесул ракьандаса гІусал рихьулаан.
МухӀаммад авараг ﷺ Маккаялда гьавуна ГӀабдуллагь инсуе Аминат эбелалъе. Эбелалъул ургьив вукӀаго гьесул эмен хвана, анлъго сон тӀубан хадуб эбелги хвана. ХӀалиматица хахизавуна, эбел эмен хун хадув кӀудияв эмен ГӀабдулмутӀалибица хьихьана, гьев хун хадуса инсул вац АбутӀалибица хьихьана. ГьитӀинаб къоялдаса нахъе гӀамал тӀабигӀат берцинав, намус бацӀцӀадав, битӀараб гурого бицунарев, киналго квешал гӀадатаздасаги рекъечӀеб хьвадиялдасаги вацӀцӀадав вукӀана. КӀикъого сон барав мехалъ Аллагьас гьев Авараглъун гьавуна, расуллъунги витӀана. Гьев Аллагьасул аварагги расулги вукӀин лъазе Аллагьас гьесие гӀемерал мугӀжизатал кьуна: моцӀ хъвалхьи, лъималаз, рухӀ гьечӀел жалаз, хӀайваназ Аллагьасул расул вугилан нугӀлъи гьаби, килщаздаса бодуе гӀураб лъим бакки ва гь. ц. Гьесие кьурал мугӀжизатазул бищун кӀудияб мугӀжизат ккола хирияб Къуран. Аллагьасул рахъалдаса Жабраилас босун бачӀун дагьдагь ккун къоло лъабго соналъ гьесде рещтӀана Къуръан. Гьес Аллагь цо гьавиялде, ай Аллагьасул диналде къоло лъабго соналъ халкъ ахӀана. Гьесул дин гьукъизеян абун мушрикиназги, мунафикъзабазги, ягьудиязги, насраниязги гӀемераб дандечӀей гьабуна. Гьесги гьесул асхӀабзабазги Аллагьасул диналъе гӀоло гӀемераб сабру гьабуна. Гьездаги капурзабаздаги гьоркьор рагъал ккана. ГӀараб чӀинкӀиллъиялда Ислам тӀобитӀун хадуб дунялалдаго тӀобитӀизе гьебги биччан камилаб куцалда гьеб дин халкъазда малъун гӀумруялъул лъабкъоялда лъабго сон тӀубан хадуса гьев хвана, Мадинаялда вукъизеги вукъана. [11]
МухӀаммад авараг ﷺ, гьесул эмен ГӀабдуллагь, цинги ГӀабдулмутӀалиб, Гьашим, ГӀабдулманап, Къусаййу (Къусай), Килаб, Муррат, КагӀбу, Луаййу (Луай), Гъалиб, Пигьру (Пигьр), Малик, Назр, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Иляс, Музар, Низар, МугӀад, ГӀаднан.
МухӀаммад аварагасул ﷺ эбелалъухъан умумузул тартибалъул бицани, гьев ккола Аминатил вас, Аминатги ккола Вагьбил яс, Вагьбу ккола ГӀабдулманапил вас, гьевги – Зугьратил вас, Зугьратги – Килабил вас. Гьев Килабилъ хирияв Аварагасул эбелалъулги инсулги кӀиябго насаб жубала. Гьаб ккола, тарихалъул гӀалимзабиги насаб лъалел гӀалимзабиги – киналго тӀад рекъараб, гьесул умумузул тартиб. Гьаниса тӀадехун рехсараб насабалда сверухъ хилаф буго. Амма киналго тӀадрекъараб хӀукму ккола МухӀаммад аварагасул насаб Ибрагьим аварагасул вас ИсмагӀил аварагасда хурхараб букӀиналда. Гьесул киналго умумул рукӀана тавхӀидалда, ай, Аллагь цо гьавулеллъун, хъанчие лагълъи гьабулареллъун. («ПатхӀул гӀалам» т. 1, гьум. 152). Гьесул умумул, инсухъан рукӀа, эбелалъухъан рукӀа, киналго рукӀана жидер заманалъул бищун къимат-къадру бугел, заманалда рекъон, шаргӀияб магьари лъун гурого, жал данделъичӀел, зина гьаби гӀадал квешал пишабаздаса жал цӀунарал. Хириясул хӀадисалда буго: «Дун загьирлъана никахӀалдалъун, дун загьирлъичӀо зинаялдалъун, Адамидаса байбихьараб дир эбел-инсухъе щвезегӀан дун, умумуз магьариги лъун, загьирлъана» - абун (Ибну ГӀадди, ТӀабарани).
Хирияв аварагасул инсухъан тартибалъул хӀакъалъулъ дагьаб гӀатӀидго:
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.