Ираналъул тарих
From Wikipedia, the free encyclopedia
Ираналъул тарих (парс تاریخ ایران ) — ккола дунялалдаго бищун бечедаздасан. ГӀемерал гӀасрабаз гьелъ тӀолго ГӀагардаб Машрикъалда кӀудияб роль хӀана.
Ираналъул тарих бикьула кӀиго кӀудияб периодалда: исламалда цебесеб ва исламияб. Ираналъул жамгӀияталъул исламизациялъул хӀасилалда иранияб маданияб, жамгӀиятияб ва сиясияб структураби цӀакъ хисана. Амма ислам босун хадусаги цересел рухӀаниял гӀадатал тӀубанго тӀагӀичӀо ва цӀияб бижулеб исламалъул аслуялда гӀуцӀулеб маданияталда тӀад гӀураб асар гьабуна.