Даниялилазул Даниялил ГӀабдурахӀман
From Wikipedia, the free encyclopedia
Даниялов Даниялил ГІабдурахІман (22 август 1908, Ругъжа, Гъуниб округ, Дагестаналъул область, Россиялъул империя — 24 апрел 1981, Москва, СССР) — сиясатияв ва партиялъулав хъулухъчи, Дагъистаналъул машгьурав пачалихъияв ва жамгІиябгун сиясаталъулав хІалтІухъан, сиясатчи, Дагъистаналъул АССРалъул ракь хІалтІизабиялъул нарком (1937–1939), Дагъистаналъул АССРалъул Халкъиял Комиссаразул Шураялъул Председатель (1940–1948), КПССалъул Дагъистаналъул областалъул комитеталъул тІоцевесев секретар (1948–1967), Дагъистаналъул АССРалъул Президиумалъул ТІадегІанаб Шураялъул Председатель (1967–1970).
Даниялов Даниялил ГІабдурахІман | |||||||||
Даниялов Даниялил ГІабдурахІман | |||||||||
| |||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
1940 — 3 декабр 1948 | |||||||||
Цеве вукІарав: | МухІамадов МахІмудил Жамалудин | ||||||||
Хадув вачІарав: | Айдинбеков Мухтадирил Айдинбек | ||||||||
| |||||||||
3 декабр 1967 — 29 ноябр 1967 | |||||||||
Цеве вукІарав: | ГІалиев МухІамадкаримил ГІазиз | ||||||||
Хадув вачІарав: | ГІумаханил Ильясил МухІамад-Салам | ||||||||
| |||||||||
[29 ноябр]] 1967 — 4 август 1970 | |||||||||
Цеве вукІарав: | Эльдарова Роза | ||||||||
Хадув вачІарав: | Шамхалов МухІамадил Шагьрудин | ||||||||
ВатІанчилъи: | СССР | ||||||||
Дин: | Ислам | ||||||||
Гьави: | 22.08.1908 Ругъжа росу, Гъуниб округ, Россиялъул империя | ||||||||
Хвей: | 24.04.1981 Моква, РСФСР, СССР | ||||||||
Вукъун вуго: | МахІачхъалаялда | ||||||||
Лъади: | Хадижат | ||||||||
Лъимал: | васал: Митхат, Юсуп и МахІач яс: Забида | ||||||||
Миллат: | магІарулав | ||||||||
Партия: | Комунист партия | ||||||||
Лъай: | 1) Шура шагьаралъул педагог техникум 2) Москваялъул лъел магІишаталъул инженеразул институт | ||||||||
ГІелмияб даража: | Тарихиял гІемабазул доктор[1] | ||||||||
Шапакъатал: |
|
ГIабдурахIман Данилов гIемерисезда лъала республикаялъул бетIер хIисабалда, гьес Дагъистан цебетIеялъе, гIадамазул гIумру лъикIлъизабиялъе, росдал магIишатги, промышленностги тIадегIанаб даражаялде бахинабиялъе, гьес дагъистаниял чачанал гIадин гочинаричIого рукIиналъе ва радиоактивиял хутIелал Дагъистаналъул мугIрузда рукъине риччангутIиялъе бахъараб хIаракат ракIалде босун. Гьединго киназго бицулеб жо буго гьев хъулухъалдаса нахъе вахъиzk]ek, мацIихъабаз гьесулги СССРалъул нухмалъиялъулгунги тIубан гьоркьолъаби хвезариялъул[2].