From Wikipedia, the free encyclopedia
Парс, Парси, ялъуни жиндирго эндонималда Фарси (فارسی, Fārsī, [fɒːɾˈsiː] ( listen)) буго Гьиндгин европаялъулал мацӀазул Гьиндгин ираналъулаб гӀаркьелалъул ираналъулал мацӀазул жиб кколеб бакътӀерхьул ираналъулаб мацӀ. Парс мацӀ ккола плюрицентрикияб мацӀлъун, жиб аслияб къагӀидаялъ кӀалъалеб мацӀ хӀисабалдаги бугеб, расмияб къагӀидаялда жибги Ираналдаги Афгъанистаналдаги Таджикистаналдаги хӀалтӀизабулеб, гьебги буго гьоркьоб бичӀчӀиги бугеб лъабго стандартияб варианталда: Ираналъул парс, Дари парс (1958 соналдаса нахъе расмияб цӀар буго Дари)[9] ва Таджик парс (Совет заманалдаса нахъе расмияб цӀар Таджик).[10] Гьелда кӀалъала Узбекистаналда ругел таджикалги,[11][12][13] гьединго гьеб мацӀ хӀалтӀизабула КӀудияб Ираналъул тарихияб ва маданияб сфераялде кколел территорияздаги. Парс мацӀалъе хӀалтӀизабулеб расмияб хъвай-хъвагӀи буго гӀараб аслуялда бугеб парс алипба Ираналдаги Афгъанистаналдаги ва кириллица Таджикистаналда.
Парс | |
---|---|
فارسی (фāрси), форсӣ (фарси) | |
Абулеб куц | [fɒːɾˈsiː] ( listen) |
Территория |
|
КӀалъалел | 70 миллион[7] (кинавниги 110 млн)[6] |
Индо-европиял
| |
Цесел формаби | НекІсияб парс мацІ
|
Стандартал формаби |
|
Диалектал | |
| |
Официалаб статус | |
Официалаб мес |
|
Регулация гьаби |
|
МацӀалъул кодал | |
ISO 639-1 | fa |
ISO 639-2 | per (B) fas (T) |
ISO 639-3 | fas – инклусивияб кодИндивидуалал кодал: pes – Ираналъул парс мацІprs – Дари мацІtgk – Таджик макІaiq – Аймакъ сверелbhh – Бухори сверелhaz – Гьазараги сверелjpr – ЖугьутІгин парс мацІphv – Пагьлаваниdeh – Дегьвариjdt – ЖугьутІгин тат мацІttt – Кавказалъул тат |
Glottolog | fars1254 |
Linguasphere |
|
Парс мацІ тІоцебесеб мацІлъул бугеб территория (сверелалги гъорлъе рачун) | |
Парс лингвосфера. Легенда Расмияб мацІ
КІалъалезул къадар 1 000 000-алдаса цІикІкІараб
КІалъалезул къадар 500 000–1 000 000 гьоркьоб
КІалъалезул къадар 100 000 – 500 000 гьоркьоб
КІалъалезул къадар 25 000 – 100 000 гьоркьоб
КІалъалезул къадар 25 000 / гьечІо | |
Парс мацӀ ккола давамлъун гьоркьохъеб парс мацӀалъул, жибги Сасаниязул мпериялъул (224–651) динияб ва адабияталъул мацӀлъун букӀараб, ахирисеб ккола жиб Ахемениязул империялда (550–330 н. щ.) хӀалтӀизабулеб букӀараб некӀсияб парс мацІалъул давамлъун.[14][15] Гьеб мацӀалъул байбихьи буго Ираналъул жанубиябгин бакътӀрхьуда бугеб Парс икълималдаса.[16] Грамматика гьелъул буго гӀемерисел европаялъулал мацӀазулазда релълъараб.[17]
Тарихалда жаниб, Парс мацӀ букӀана къадру бугеб маданияб мацӀлъун, жибги БакътӀерхьул Азиялдаги, Жанубияб Азиялдаги Гьоркьохъеб Азиялдаги рукӀарал империяз хӀалтӀизабулеб букӀараб.[18] НекӀсияб парс мацӀалъул хъвай-хъвагӀаби рихьизарун руго нилъеде щвелалде VӀ ва ӀV гӀасрабазда гьоркьоб заманалда некӀсияб парс лъутӀхъваялда гьарурал хӀалтӀабаз, гьоркьохъеб парс мацӀалъул адабият бихьизабун буго арамеял (пагьлави ваминихеяб) хъвай-хъвагӀабазги, Парфиялъул империялъул заманалда жал гьарурал, ва гьединго руго ӀӀӀ ва X гӀасрабазда гьоркьоб заманалда хъварал мажусазул тӀахьаздаги. ЦӀияб парс адабият тӀегьазе байбихьана гӀарабаз Иран кверде босун хадуб, гьелдаса байбихьун хъвай-хъвагӀи бачуна гӀарабалде, гьелъул бищун цересел хъвай-хъвагӀаби ратун руго ӀX гӀасруялда гьарурал.[19] Парс мацӀ лъугьуна Исламалъул дуняллалда гӀараб мацӀалъул гӀадаб цӀикӀкӀараб кӀвар бугеб мацӀлъун.[18] Парс мацӀалда поэзия хъвай тӀибитӀараб жо букӀана гӀемерал бакъбаккул пачалъиязда.[10] Гьоркьохъел гӀасрабазул парс адабияталъул бищун машгьурал хӀалтӀаби ккола Фирдавсил Шагьнамегь, Румил хӀалтӀаби, ГӀумар ХӀаямил Рубаят, Низамил Панж Ганж, ХӀафизил Диван, Аттар Нишапурил ХӀанчӀазул мантӀикъ ва СагӀади Ширазиясул Гулистан ва Бустан мажмугӀ.
Парс мацӀалъ цӀакъ кӀудияб асар гьабуна мадугьалихъ рукӀарал мацӀазе: ираналъулал, тюрк, армен, гьиндгин ариян, кавказалъул, гьенибго гъорлъ авар мацӀги. ГӀемерал рагӀаби руго авар мацӀалда парс мацӀалдаса рачӀарал. Гьединго цо асар букӀана гӀараб мацӀалдеги,[20] гьелъул гӀемерал рагӀаби рачӀана парс мацӀалде гьоркьохъел гӀасрабазда гӀараб кверщел бугем мехалъ.[14][17][21][22][23][24] Парс мацӀ бюрократиялъе расмияблъун бищун букӀана гьеб рахьдалаблъун жидее кколеб букӀинчӀезги, мисалалъе, ГӀусманияб империялда турказ,[25] яги Афгъанистаналда пуштуназ.
Дунялалда парс мацӀалда кӀалъалезул къадар бахуна 110 миллионалде, гьенир гъорлъе уна парисал, афгъанал, таджикал, гьазарал, Кавказалъул татал ва аймакъал. "Персофон" абураб термин хӀалтӀизабизе бегьула парс мацӀалда кӀалъалезе.[26][27]
Парс мацӀ ккола гьиндгин европаялъулал мацӀазул гьиндгин ираналъулаб гӀаркьелалъул ираналъулаб къоялъул бакътӀерхьул ираналъулал мацӀазул цояблъун. Жалго бакътӀерхьул ираналъулал мацӀал рикьула кӀиго гъоркькъокъаялде: жанубиябгин бакътӀерхьул ираналъулал мацӀал, жиндир бищун тӀибитӀараблъун парс мацӀ кколеб, ва шималиябгин бакътӀерхьул ираналъулал мацӀал, жиндир бищун тӀибитӀараблъун курд мацӀ бугеб[28].
Ираналъулаб парс мацӀалда буго анлъго рагьарабги къоло лъабго рагьукъабги гьаракь.
Парс алипба | |||||||
ﺍ | ب | پ | ﺕ | ﺙ | ﺝ | چ | ﺡ |
ﺥ | ﺩ | ﺫ | ﺭ | ﺯ | ژ | ﺱ | ﺵ |
ﺹ | ﺽ | ﻁ | ﻅ | ﻉ | ﻍ | ﻑ | ﻕ |
ک | گ | ﻝ | ﻡ | ﻥ | هـ | ﻭ | ﻯ |
Фарсиялда хъвазе Ираналда (Афгъанистаналда дариялъего гӀадин) хӀалтӀизабула гӀараб алипба, амма гӀараб мацӀалда гӀечӀел гьаркьазе 4 хӀарп жубараб: пе (پ), че (چ), же (ژ) ва гаф (گ). ТӀолго парс алипбаялда буго 32 гӀаламат[29].
Тарихияб рахъалъ, парс мацӀалда рагьарал ратӀа гьарулаан халалъиялдалъун. Цебесеб цӀияб парс мацӀалда букӀана щуго халатаб рагьараб (/iː/, /uː/, /ɒː/, /oː/, /eː/) ва лъабго къокъаб рагьараб /æ/, /i/ ва /u/. XVӀ гӀасруялдехун гьанжесеб Ираналъул гӀаммаб икълимлъиялда, /eː/ ва/iː/ лъугьана /iː/ гьаракьлъун, /oː/ ва/uː/ лъугьана /uː/ гьаракьлъун. Гьединлъидал,басриял شیر shēr "гъалбацӀ" vs. شیر shīr "рахь", زود zūd "хехаб" vs زور zōr "къуватаб" гӀадал контрастал тӀагӀун руго. Амма гьеб асасалъул руго гьоркьосарахъиялги, ва цо-цо рагӀабазулъ ē ва ō гьаракь сверула /iː/ ва /uː/ гьаракьалде гурел, [eɪ] яги [oʊ] дифтонгазде (жал цебесеб цӀия парс мацалда рукӀарал [æɪ] ва [æʊ] дифтонгаздаса лъугьарал. Гьединал гьркьосарахъиязул мисал батизе бегьула روشن [roʊʃæn] (гвангъараб) гӀадал рагӀабазулъ.
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.