НекІсияб Еги́пет (н.-грек Αἴγυπτος и Латин: Aegyptus рагІудасан), жиндирго букІараб цІар Та-кемет, Та-мери, Та-уи ва ц. (транслит. егип. tA-kmt, tA-mrj, tA-wy), Ке́ми, ккола даража тІадегІанаб на цІакъ кІудияб кІвар бугеб НекІсияб дуниялалъул цивилизациялъун, жибги Нил гІоралъул рагІалда, гьанжесеб Египеталъул пачалихъ бугеб бакІалда букІараб. НекІсияб Египеталъул цивилизация бачІуна тарихалда цебесеб Египеталдаги ва гІ. ш. 3100 с. н. щ. Египет Менесица (гІемерисев гьевги Нармерги цого чагІи ругин рикІкІуна)[2] цолъилъазибиялдаги (Египеталъул аслияб заманлъаялда рекъон)[3] хадуб.

Краткие факты НекІсияб Египет егип. транслит. tA-kmt, Цогидал цІарал ...
НекІсияб дунялалъул цивилизацияТарихияб пачалихъТарихияб регион • Маданияб регион
НекІсияб Египет
N16kmmt
O49

егип. транслит. tA-kmt
Хефренил Пирамида ва Абул-Гьол Инбу-хедж некрополалда (н.-грек Мемфис, гьанж. Джиза)
Хефренил Пирамида ва Абул-Гьол Инбу-хедж некрополалда (н.-грек Мемфис, гьанж. Джиза)
Цогидал цІарал Та-кемет, Та-мери, Та-уи, Кеми
  экзотопонимал ГӀараб: مصر Миср, жугь. ‏מִצְרַיִםМицраим, Мудраия
География
Локализация Шималияб-бакъбаккул Африка
  ватІан Халип:Флаг / Египет
  бищун кІудиял гІурхъаби Египет, Судан (Нубия), ХІабаш, Эритрея, Джибути, Сомали), ГІарабистаналъул хьундасеб-бакътІерхьул рахъ, Киренаика (Ливия), ФилистІин, ХанагІан, Ливан, Сирия, Туркиялдеги Кипралдеги ГІиракъалдеги гІунтІун[1]
Административияб гІуцІи
Тахшагьар
  • Мемфис
  • Гераклеополь
  • Уасет
  • Ахетатон
  • Чени
  • Саис
  • Алискандерия
  кІудиял шагьарал Уасет, Мемфис, Саис, Иуну, Абу
Пачалихъияб низам Абсолютияб монархия
БетІер ПиргІавн
  бутІрузул наслаби
Административияб бикьи 42 септ (ном) (балагье НекІсияб Египеталъул административияб бикьи)
Тарих
Заман 4 азарсон. н. щ.IVVII гІасраби н. з.
КьучІ лъуна 3150 н. щ.
ЛъугІана нилъер заманалъул VII гІасрабаздехун
  периодизация
Миллияб гІуцІи
Миллат Египтянал, коптал
  цогидал — гиксосал, семитал, жугьутІал, грекал
МацІ ва хъвай-хъвагІи
МацІ Египеталъул мацІ
  хъвай-хъвагІи Египеталъул хъвай-хъвагІи
Динияб гІуцІи
Дин НекІсияб Египеталъул дин (илагьазул сияхІ)
Карта
#перенаправление Шаблон:Карточка/Викигъамас
Закрыть

НекІсияб Египеталъул тарихалъул буго 40 гІасру, гьеб тарих гІалимзабаз бикьула неслабазда цебесеб заманалдеги (ккола Тарихалда цебесеб заманалъул ахиралде), наслабазулаб заманалдеги (аслияб Египеталъул цивилизациялъул заман, 27 гІасруялъул халалъи бугеб), эллиназулаб заманалдеги (грекгун македониялъулгун жубай, Птолемеязул наслуялъул бетІерлъуда гъоркь), румалъулаб заман (НекІсияб Румалда гъорлъ, Румалъул империялъул цІакъ кІвар бугеб икълим хІисабалда). НекІсияб Египет букІараб заманалъул гІорхъабаз, гІалимзабаз тасдикъ гьабураб, жаниб бачуна VI аз.соналдаса н. щ. IV гІасруялде щвезегІан. Византиялъулабгун-копт заман (Византиялда гъорлъ, IV гІасруялдаса гІарабаз Египет кверде босараб VII гІасруялде щвезегІан) цебесеб гьоркьохъел гІасрабазде кколеб букІаниги, рикІкІуна НекІсияб Египеталъул букІараб заманалъул гІурхъабазда жаниб. НекІсияб Египеталъул цивилизация заманалъул рахъалъ ккола бищун кІудияблъун.

ЦІияб ханлъиялъул заманалда, Египет лъугьана кутакалда къуватаб империялъун, жиндир Нубиялдаса бахъараб Киликиялде щун, ГІагараб Машрикъалъул цІикІараб бутІаялда кверщел бугеб; гьелъие мутІигІал дунялалда ругел ругел гІадамазул 20 %.

Жиндир заманалда Египет гьединго букІана цогидар пачалихъазда гъорлъги: кверщел гьабун букІана ливиялъул ва нубиялъул гІадамаз, персаз, Александа Македонияс. Гьев хун хадуб гІуцІана Птолемеязул ханлъи, жибги н. щ. 30 соналде щвезегІан букІараб. Н. щ. 30 соналъ, Египет ана Румалде гъорлъе ва лъугьана гьелъул икълимлъун.[4]

НекІсияб Египеталъул цивилизация тІадегІанлъи букІана гьелъул гІурул жаниблъиялдеги Нилалъул дельтаялдеги ругьунлъиялъул хІасилалдалъун. Щибаб лъагІалил Нилалъул щвеялъги, жинца беэн гьабулеб гьарзаго жинда жо бижулеб хІариялдалъун Нилалъу рагІалда ругел ракьал, гьединго ракь хІалтІизаялъул мухІкканго гІуцІараб лъалъаялъул системаялъги рес кьолаан къваригІунелдаса цикІкІун могьол культураби гІезабизе, жидеца жамгІияб ва маданияталъулаб цебетІей чІезабулеб букІараб.

Египеталъул администрациялъ кІвар кьолаан Нилалъул жаниблъиялда ва гьелда аскІор ругел салул авлахъаздаги батІи-батІиял магІданал ва мнералал рахъиялде, гьединго жидерго, чияда бачІеб, хъвай-хъвагІиялъул система цебе тІеялъе, жамгІияб къагІидаялъ батІи-батІил жал раялъе ва хурул магІишаталъул проектазе, мадугьалихъ ругел ракьалгун даран-базаралул хурхеназе ва рагъул гІуцІиялъе, жибги Египеталъул цогидал ракьазда кверщел лъеялде буссараб. Гьеб хІалтІул гъира базабулеблъул ва гІуцІулеблъул рукІана хъвай-хъвагІи бацунел чагІазул бюрократияб аппарат, диниял хІаракатчагІи ва кагьинал, ва ПиргІавнил администрация, жидеца магІна гІадидго гІуцІараб диналъул системалъул контексталда Египеталъул халкъалъул цахъ хІалтІи во цолъи чІезабулел рукІарал.[5][6]

Египтяназ гьабуна цивилизация, жиб цогиязда релъараб гьечІеб, жибго жиндаго чІараб, ва жиндир аслияб хасият хиси гьечІолъи бугеб[7]. Египтяназул жал гІемерал ругел бергьенлъабазде гъорлъе уна батІи-батІиял магІданал ва минералал рахъи, геодезия ва конструкторияб техника, жидеца кутакал пирамидаби, кІалгІаби, ва обелискал гьариялъе квер бакъулел рукІарал; математикаялъул система, хІалбихьи бугеб ва цебе тІураб медицина, лъалъалъул система ва хурул магІишаталъул технология, тІоцебе хъорщол гьабураб гама,[8] фаянс ва цІвер гьабиялъул техника, адабияталъул цІиял формаби; сиясат ва дунялалда тІоцебесеблъун рикІкІунеб ракълил къотІи.[9] НекІсияб Египеталъ нахъе тана бечедаб ва щулияб ирс. Гьелъул искусство ва архитектура гІемер такрар гьабуна, гьелъул хазинаби руго дунялалъул батІи-батІиял бакІазда. Гьелъул монументазул хутІелаз гІасрабаз асар гьабуна сапарчагІазе ва хъвадарухъабазе. ЦІияб заманалъул байбихьуда Египтяназул ва европаялъул гІадмазул Египеталъул ирсалде бижараб интересалъги, гьелде бугеб хІурматалъги, гьединго гьарурал археологиял рухъа-хъваязги сабаблъул Египеталъул цивилизациялъул гІелмияб цІех-рех гьабуна ва кІудияб къимат кьуна гьелъул маданияб ирсалъе.[10]

ЦІар

Этимология

Европаялъул халкъазул мацІазде «Египет» абураб цІар бачІана некІсиял греказдасан; грек мацІалда абулеб рагІи букІана «Эгиптос» (н.-грек Αἴγυπτος). Гьеб топонималъул бачІараб бакІ тІубан лъалеб гьечІо, буго цо чанго теория:

  1. НекІсиял греказул мифология — «Эгиптос» абураб цІар бачІараб буго Эгиптос цІар бугев хан (Эги́пт, Еги́пт, Еги́пет)[~ 1], жинца Нилалъул расалъиялда букІараб цо меламподазул къавмалда тІад кверщеллъи гьабурав ва гьезие жиндирго цІарги кьурав.[11] Амма гьев персонаж ватизе вуго хадув греказ Египеталъул цІаралдаса персонификация гьабурав. Эгипт рехсон вуго греказул цо-цо автораз: Псевдо-Аполлодорица,[12] Гесиодица,[13] Милеталдаса Гекатейица,[14] Павсанийица[15].
  2. Тарихияб этимология — некІсияб грек мацІалда «Айгюптос» рагІи лъугьун буго Египеталъул Цебесеб ва Басрияб ханлъиялъул тахшагьаралъул цІаралдаса — ХІут-ка-Птах (н.-грек Мемфис). Гьеб цІаралъул магІна буго «ПтахІил каялъул рукъ» абун (транслит. егип. Hwt-kA-ptH)[~ 2]. Гьеб цІар жалго египтяназ абулеб букІана цин Мемфисалда бугеб ПтахІ илагьасул килисаялде, хадуб гьеб цІар абизе байбихьана жибго шагьаралде ва гьелъул вилаяталде (септалде). Хадуб греказ гьеб шагьаралъул цІар тІибитІизабуна тІолго пачалихъалде[16]:294.
  3. Гьединго бегьулеб жо буго гьеб цІар лъугьараб бати Нил гІоралъул цІаралдаса, масала Гьомерициа «Эгиптос» рагІиялдалъул бихьизабун буго цин гІор (Нил), ва хадуб гурони бихьизабун гьечІе гьеб гІоралъ "гьабураб" пачалихъ[11][17]:403.

Лъугьиналъухъ балагьичІого, Египет абураб цІар тІибитІи хурхараб буго Ракьдагьоркьосеб ралъадалъул регионалъул эллинизациялда, жиб сабаблъул греказул маданият гуребги, гьезул географиял топонималги тІиритІарал. Хадуб гьеб цІар щвана румазухъеЛатин: Aegyptus (классикияб абулеб къагІида — Айгиптос), ва латин мацІалдаса Египет абураб цІар бачІана тІолгоевропаялъулаб гІадаталде[18].

Египтяназ абулеб букІараб цІар

Подробнее Жиндирго халкъалъ абулеб цІар иероглифазул хъвай-хъвагІи ...
Жиндирго халкъалъ абулеб цІар
иероглифазул хъвай-хъвагІи
N16kmmt
O49
tA-kmt — Та-кемет
«ЧІегІераб ракь»
N16U6
D21
M17M5N25
tA-mrj — Та-мери
«Бокьулеб ракь»
N16U6
D21
M17N37
O49
N16
N16
tA-wy — Та-уи
«КІиго ракь»
N21
N21
jd-bwy — Иде-буи
«КІиго рагІал»
Закрыть

Наслабазул заманалъул сипат гьабулаго «Египет» абура топоним хІалтІизаби буго шартІияб, щайгурелъул гьеб топоним тарихчагІаз тасдикъ гьабуна хадуб, некІсиял греказ Нилалъул рагІаллъиялда бугеб регионалде ва маданияталде абулеб букІараб цІаралдаса. Жалго некІсиял египтяназ жидерго пачалихъалде абулеб букІана чанго аллегорияб цІар, жиндица ракьалъул гьарзалъи ва бечелъи бихьизабулеб — Та-кемет, «ЧІегІараб ракь» (ай Нилалъул рагІалда бугеб бечедаб чІегІер-ракьалдаса[19], сверухъ ругел салул авлахъазул «багІараб» ракьалде данде ккун) ялъуни Та-мери, ай «Бокьулеб ракь». Цогидал цІарал — Та-уи, ай «КІиго ракь», жиндица, батизе бегьулеб жо, Египеталъул кІиго бутІа — Расалъи ва Дельта цолъизаби бихьизабулеб. Египеталъул текстазда гьединго ратизе бегьула жидерго улкаялде абулел рукІарал шигІруял цІар— «Сикоморалъул ракь», «Хорил берзул ракь» ва цогидал.

Цогидал цІарал

Египтяназулгун хурхен гьабулел халкъаз жидерго цІар кьолаан Нилалъул рагІалда бугеб пачалихъалъе:

  • Муцур, Мисир (аккад. Muṣur, Miṣir) Гъоркьияб Египет ва Урису (аккад. Uriṣṣu) ТІасияб ЕгипетАссирияялъул халкъалъ;
  • Мицра́им (некІ.-жугь. מִצְרַיִם транслит. Mitzráyim) — некІсиял жугьутІаз. ЦІаралъул магІна буго мецар (некІ.-жугь. מֵצַר) — «къваридаб бакІ», «къваридаб нух», «къварилъи» абураб рагІиялъул кІирекъараб форма. Гьанисанго цогидаб магІнаби: балагь, къварилъи, жиндаса къватІибе нух батизе захІматаб хІал. Библиялъул гІадатазда рекъон, Мицраим цІар хурхараб буго бицадулъ вугев кІудияв эмен ХІамил вас Мицраимида, жиндасан, библиялда рекъон, египтянал, цо-цо либиялъул къавмал, пилистІинал ва кафторитал рачІарав(Библия: сокращение Быт неизвестно, см. список допустимых).
  • Мудраия — некІсиял персазул мацІалда Египеталъул цІар;
  • Миср/Маср (ГӀараб: مصر) — гІарабаз абулеб цІар[~ 3]. Гьеб цІар бачІун батизе бегьула наслабазул заманалдаго, гІарб мацІалъул рагІудасан, жинца гІадамал чІараб бакІ ва шагьар бихьизабулеб. Батизе бегьула, гІарабгун семит къавмазда бихьулеб букІин Египеталъул халкъалъул гІемерлъи. Цогидаб этимологияб вариант хурхараб бугогьоркьохъел гІасрабазул Египетгун; гьелда рекъон, цІар бачІараб буго массара — «гІумру гьабун чІезе» абураб рагІудасан (гьеб гипотезаялда рекъон цІар хІалтІизабизе рес буго VII гІасруялдаса, гьеб заманалъ гІарабаз байбихьана Египеталда жидерго гІумру гьабизе чІеял гьаризе).

География

Египеталъул септал: жеги гьечӀо позиционияб карта.

НекІсияб Египеталъул цивилизация бижана Нил гІоралъул рагІалда, ва гьелъул тІегьай гІемерго хухараб букІана Нилалъул щвеялда (июналдаса ноябралде щвезегІан), жинца ракь хІалтІизабизе рес кьолеб букІараб. ТІоцебесеб хІокІалъул мухъалда бугеб къварилъиги тун хадуб (НекІсияб Египеталъул жанубияб гІурхъи) чвахула шималияб-бакъбаккул СахІараялъул гІатІилъиялда лъеца чурун лъугьараб чІедераб ва халатаб расалъиялдасан. Расалъиялъул гІеблъи буго 10–20 км, амма бакІ-бакІазда гьеб чІедерлъула гІоралъул гІеблъиялде щвезегІан, бакътІерхьудехун расалъи ккун буго Либиялъул салул авлахъалъ, бакъбаккуда — ГІарабияб салул авлахъалъ. Расалъи сверун ругел хъитІал руго гІизагІанго кІудиял, 180 метраялде щолел, гІага-шагарго 900 км-ялдаса[~ 4] расалъи сверун ругел хъитІал уна рахъ-рахъалде — бакътІерхьуде, Киренаикаялда бугеб Барка тІалъиялде ва бакъбаккудео — БагІараб ралъдал рахъалдехун. Хадуб гІор гьурихьвагІалда релъун биххула гІаркьалабазде ва гІага-шагарго 200 км-ялдаса[~ 5] гьел чвахула Ракьдагьоркьосеб ралъдалъе (Египеталъул шималияб гІурхъи), гьениб лъугьуна лъабокІонаб дельта. ГІоралъул гІаммаб гьетІи цІакъго кІудияб гьечІо — тІадегІан 91 м (Асваналда), дельтаялда бищун борхатаб бакІалъул ралъдал гьумералдаса борхалъи — 12 м.[17]:44-45.

Жибго НекІсияб Египеталъ жаниб бачунаан Нилалъул Дельта — тарихияб икълим Гьоркьияб Египет («Дельта») ва расалъи 1-сел хІокІазде щвезегІан — ТІасияб Египет («Расалъи»), ва гьединго Фаюмалъул оазисалъул мухъги. Гьанжесеб гьел ракьазул локализация данде ккола Египеталъул ГІараб Жумгьурияталъул Нилалда сверун ругел мухІафазаталгун.

Ралъдал рагІаллъиялъул мухъ

Ракь, пайдаял магІданал

Цогидал

Тарих

ГанчІил гІасру

Палеолит

Гьоркьохъеб ва тІасияб палеолит

БетІербахъи гьаби
ГІумру гьабулел бакІал ва технологиял

Наслабазда цебесеб заман

Наслабазулаб заман

Цебесеб ханлъи (гІ. ш. 3050–2686 н. щ.)

Басрияб ханлъи (2686–2181 н. щ.)

ТІоцебесеб хиси ккараб заман (2181–1991 н. щ.)

Гьоркьохъеб ханлъи (2134–1690 н. щ.)

КІиабилеб хиси ккараб заман (1674–1549 н. щ.)

ЦІияб ханлъи (1549–1069 н. щ.)

Лъабабилеб хиси ккараб заман (1069–653 н. щ.)

Хадусеб заман (672–332 н. щ.)

Птолемеязул заман (332–30 н. щ.)

Румалъул ва Византиялъул Египет (30 н. щ.–641 н. з.)

Сиясат

Администрация

Египеталъе бетІерлъи гьабулаан ПиргІавнас. Гьев кколаан абсолютияв монарх, жиндихъ кинабниги ракьалда ва сурсатазда тІад кверщел бугев. Гьев кколаан бищун тІадегІанав рагъул цевехъан ва нухмалъи гьабулеб идараялъул бетІер, жинца бюрократиялъун ва хІакимлъиялъун мулк билъинабулев вукІарав. Администрациялъул жавабиявлъун вукІана пачалихъалъул вазир, жинца пиргІавнил вакиласул хІисабалда вилаятазул ишаздаги, пачалихъалъул буголъиялдаги, батІи-батІиял архитектуриял проектаздаги, къануназул системаялдаги ва архиваздаги хадуб хал кколев[20]. Вилаятазул даражаялда, пачалихъ бикьун букІана 42, жидеда септал-ян абулеб букІараб, гьанжесеб къагІидаялда номал; ва жидер щибалъе нухмалъи гьабулев номархги вугев. Номархал рукІана вазирасда цере жавабияллъун ва гьесул юрисдикциялда гьоркье кколеллъун. КІудияб кІвар букІана кІалгІабазул; гьел рукІана диниял рукъзал гурелги ханасул бечелъи цІуниялъул жавабияллъунги, тІорщалил нахърателал цІунулел системабилъунги, буголъи цІунулеб бакІлъунги ва гьединго жидеца тІорщел ва цогидаб магІишат бикьулеб бакІлъунги.[21]

Социум

ЖамгІияб иерархия

ТІадегІанал гІадамал

КагІинал

Узденал

Лагъзал

Ханзабазул хемуу

Аскар

Къануназул система

КъватІисеб сиясат

Экономика

Росдал магІишат

БоцІи-панз хьихьи

ТІабигІиял сурсатал

Даран-базар

Халкъ

Генетика ва Раса

МацІ ва хъвай-хъвагІи

МацІалъул цебе тІей

Фонетика ва грамматика

Хъвай-хъвагІи

Дин ва мифология

Атонизм

РухІалъул хІакъалъулъ пикру

Хварал рукъиялъул гІадатал

ХІайваназул мумификация

Маданият ва искусство

РукІа-рахъин

Адабият

Музыка

Сурат бахъиялъулаб искусство

Архитектура

Скульптура

Квен-тІех

ГІелму

Паянс ва цІер

Гуми гьари

Математика

Астрономия

Медицина

Ирс

Археология

Балагье гьединго

ХІужжаби

Адабият

МугъчІваял

Wikiwand in your browser!

Seamless Wikipedia browsing. On steroids.

Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.

Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.