From Wikipedia, the free encyclopedia
Буше́р[1] (парс بوشهر [buːˈʃehr] — Бушегьр[2]) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останалдаса) цояб. Остан буго Парс заливалъул рагӀалда. Ракьалъул гӀатӀилъи — 22 743 км²[3]. Административияб марказ — Бушер шагьар, цогидал чӀахӀиял шагьарал — Боразджан, Бендер-Генаве, Хормудж ва цогидал. Останалда гъорлъ уна 9 шагьрестан. 2006 соналъ останалъул халкъалъул къадар бахана 886 267 чиясда[3].
Бушер | |
---|---|
blank300.png|300px]][[file:blank300.png | |
Пачалихъ | |
Адм. марказ | Бушер |
БетӀер | Esmail Tabadar[d] |
Тарих ва география | |
ГӀатӀилъи | 22 743 км² |
Халкъ | |
Къадар |
886 267 чи (2006 сон) |
Гъунки | 38,97 чи/км² |
Расмиял мацӀал |
парс Luri |
Цифрабазул идентификаторал | |
Телефоналъул код | 0771 |
Медиафайлал Викигъамасалда |
Француз гӀалимзабаз 1913 годсоналъ гьарурал цӀех-рехазда рекъон чӀезабуна Бушералъул тарих Эламалъул заманалдаса байбихьулеблъи.
Остан бикьула 9 шагьрестаналда:
Аслиял экономикаялъул отраслал — нарт ва газ бахъи, химикияб, нартул, гумузул, кванил, текстилияб промышленностал, бича-хиси, транспорт, энергетика, росдалаб магӀишат (чамастак, цитрусал, алоэ), ччугӀакквей, туризм.
Бушералда буго кӀвар бугеб порт (Бандар-ГӀаббасалдаса хадуб жиндир бугеб кӀвар борцун Ираналъул кӀиабилеб порт бугин абизе бегьула) ва Эркенаб экономикияб зона. Харг чӀинкӀилъиялда буго нартул завод National Iranian Petrochemical Company (инг.)авар. ва нартул терминал.
Бушералда руго интересал некӀсиял мажгитал ва голландиязул хъалаялъул риххелал.
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.