From Wikipedia, the free encyclopedia
Чу (лат. Equus ferus caballus) — хъизан-рукъалъул кӀудияб хӀайван.
Чу абураб рагIи ккола унго аварияб лIугьин бугезул цояб. Чу гIагарлъула гIандияб ича, гIахьвалияб ичва, чIамалияб иша, тIиндалияб ичва, кIкIаратIияб ичва, болъихъияб ича, багулияб ичв, гъодоберияб ича «гIала» абурал рагIабазе. Реконструкциялда рекъон, авар. ču лIугьана некIо-авараб мацIадул *ʔičú абураб формалдасан. Авар-гIанди мацIазда гьоркьобго цохIо авар мацIалъул гурони horse/лошадь абураб магIна гьечIо, хутIарщиназул mare/кобыла буго. Гьал киналго формаби прото-авар-гIанди мацIалъул *ʔičʷa абураб формалдасан лIугьун руго. Жиндирго иргада, протоавар-гIанди форма лIугьун букIине ккола тIолгокавказияб мацIалъул *ɦɨ[n]čwĭ (~ -ĕ) абураб формалдасан. Рорце: лакияб чву, даргияб гIахъушияб урчи, даргияб чирахъияб урче, даргияб кубачияб у̅че, лезгияб шив «бихьин чу», рочияб ноьш «чу» (< протолезг. *ʡɨnšʷ), цоги хиналугияб пши «чу». Магърибкавказиял мацIаздаги: абхазияб ачвǝ, абазияб чǝ, адигияб шǝ, хъабардияб шǝ, убихияб чʲǝ «чу». Цинги, Диаконовасулгун Старостинил квербакъиялдалъун, нилIеда бачун бажарула хурритияб eššǝ «чу» абураб рагIиги. Халаре гуржиязул ачу, ачи «чу аскIобе ахIулеб рагIи», ачуа «чу (лъималазул мацIалда)». Протокавказияб мацIалдасан гьезухъе некIо щвараб кьибил.
Хаслъул падежалда – чол, гIемерлъул формалда – чу́ял
Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо. Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай. |
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.