From Wikipedia, the free encyclopedia
СагIудиязул ГIарабия яги СагIудиязул ГIарабазул Къираллъи (гIараб мацIалда:المملكة العربية السعودية; al-Mamlakah al-ʻArabīyah as-Saʻūdīyah), ккола гIарабазул бащдабчIинкIиллъиялда бугеб пачалихъ. СагIудиялъул гIорхъода руго, Кувайт, Имаратал, Урдун, ГIиракъ, КъатIар ва Йаман хIукуматал[5][6]. Гьединго СагІудиялъул ракьал чурула ГІарабазул ралъдал квачІалъ хьундабгун-бакъбаккудасан ва БагІараб ралъдаца — бакътІерхьудасан. Жакъа къоялда жаниб, СагIудиялъул гIадамазул къадар бахуна 27,136,977 миллион чиясде. Бусурбабазул къадар бахуна 99,9 % ялде.
СагIудиялъул тахшагьар - Ар-Рияд буго.
СагIудиязул ГIарабиязул Къираллъи المملكة العربية السعودية аль-Мамлакатул-ГIарабиййати-с-СугIудиййати | |||||
| |||||
ШигӀар: «Ла илагьа илла Ллагь, МухIаммадун расулу Ллагь» | |||||
Гимн: ЧIахъаги Къирал!! | |||||
КьучӀ лъуна | 23 сентябр 1932 с. | ||||
Расмияб мацӀ | гІараб | ||||
Миллатал | {{{Миллатал}}} | ||||
Тахшагьар | Ар-Рияд | ||||
ЧӀахӀиял шагьарал | Ар-Рияд, Жидда, Макка, Мадина | ||||
Хан | Салман ибн ГIабдул ГIазиз | ||||
Пачалихъ. дин | Ислам | ||||
Ракь • Кинниги | 12-билеб дунялалда 2 149 000 км² | ||||
Халкъалъул къадар • Къимат (2013) • Гъунки | ↗26 939 583[1][2][3]чи (46-билеб) 12 чи/км² | ||||
ИПГӀИ (2013) | ↗ 0,782[4] (борхатаб) (57-билеб) | ||||
ГӀарац | СагIудиязул риал ﷼ | ||||
Телефоналъул код | +966 | ||||
СагӀтил рачел | +3 | ||||
Хисизабизе |
СагIудиязул ГIарабиялде гьединго абула «КІиябго хІарамалъул ракь» - абун, гьениб Маккагун Мадина букІиналъ. Гьеб пачалихъалъул къокъаб цІар гІараб мацІалда — ас-СагІудия (гӀараб: السعودية ) - абун буго.
ЦІакъ цІикІкІараб нартил нахърателалгун СагIудиязул ГIарабия ккола — Нарт къватІибе кьолел пачалихъазул гІуцІиялъул аслияб пачалихълъун. 2009 соналъ гьелъ кІиабилеб бакІ ккун букІана (Россиялдаса хадуб) нарт бахъиялъе ва гьеб къватІибе кьеялъе[7]. СагІудиязул къватІибехун бугеб бича-хисиялдаса 95 % ккола нарт къватІибе кьеялъ ва гьебги ккола пачалихъалъул хайиралъул 75 %.
Гьанжесеб СагIудиязул ГIарабиялъул ракь ккола — гІарабазул къабилабазул тарихияб ватІанлъун, байбихьуда хьундабгун-бакъбаккуда жодоца гІумру гьабулел рукІарал, ва н.р. цебе II азарсоналъ жодоца ГІарабистаналъуд киналниги ракьазда кверщел гьабурал.
Нилъер рикІкІеналда цебе I азарсоналдсан байбихьун бащдабчІинкІиллъиялда къиблаяб рахъалда рукІана МагІиналъул ва Сабаалъул къираллъиял, ва гьезул нухда ругел бича-хисиялъул бакьулъбакӏазул хІисабалда лъугьана некІсиял ХІижазалъул шагьарал — Макка ва Мадина.
VII гІасруялъул байбихьуда Маккаялда МухІаммад аварагас ﷺ байбихьана исламалде гІадамал ахІизе. 622 соналъ гьес ﷺ гьижра гьабуна Ясрибалде (Мадинаялде), хадубккун къуватаб ва цебе тІураб исламияб пачалихълъун жиб лъугьараб. 632 - 661 соназде щвезегІан Мадина букІана Исламияб хилапаталъул тахшагьарлъун ва халипазул чІейбугеб бакІлъун.
МухІаммад аварагас ﷺ Ясрибалде гьижра гьабуралдаса хадуб, 622 соналъ МухІаммад аварагасул ﷺ бетІерлъиялда гъоркь бусурбабаздаги ва гьенир рукІарал бакІалъул гІарабазул тухумаздаги ва жугьутІаздаги гьоркьоб къотІи-къай хъван букІана.
632 соналъ Мадина тахшагьарлъунги ккун гІуцІана Исламияб хилапат, ва гьелъ жаниб бачун букІана кинабниги гІарабазул бащдабчІинкІиллъи. КІиабилев халипа ГІумар ибнул-ХатІтІабил заманалде (634), киналниги жугьутІал къватІире ккезарун рукІана ХІижазалдаса.
Рагъазул хІасилалда, IX гІасруялде щвелалде исламияб хилапаталъ жанибе бачун букІана ГІагараб Машрикъалъул, Ираналъул, Гьоркьохъеб Азиялъул, Гъоркьасеб Кавказалъул, Хьундасеб Априкъаялъул ва гьединго Къиблаяб Европаялъул ракьал.
XVI гІасруялда турказ байбихьана ГІарабистаналда кверщел гьабизе. 1574 соналде ГІусманиязул пачалихъалъ султІан Салим II бетІерлъиялда гъоркь тІубанго бахъана ГІарабистан. СултІан МахІмуд I-сул (1730—1754) сиясияб загІиплъиялдасан мукагІатлъиги босун, гІарабаз байбихьана тІоцересел галаби гьаризе жалго жододаго чІараб пачалихъияб низам гІуцІиялъе. Гьеб заманаялда бищун къадру бугел хъизамаллъун ХІижазалда рукІана СагІудиял ва Рашидиял.
СагІудиязул пачалихъ баккана 1744 соналъ ГІарабистаналъул бакьулъаб икълималда. Ад-ДиргІийя шагьаралъул хІаким МухІаммад ибн СагІуд ва исламияв гІалимчи МухІаммад ибн ГІабдул Вагьгьаб цолъана кутакаб ва гъункараб пачалихъ гІуцІиялъул мурадалда. Гьеб, XVIII гІасруялъ цолъараб гІуцІиялъ авал лъуна дакъа къо щвезегІанги хІукмуялда ругел СагІудиязул тухумалъе. Цо дагьабго заманаялдасан гІолохъанаб пачалихъалде хІал гьабизе лъугьана ГІусманиязул пачалихъалъ, жодорго къиблаяб рахъалда бугеб гІорхъода гьел къуватлъизе бокьичІого ва гьез Маккагун Мадина бахъиялда ццимги бахъун. 1817 соналъ гІусманиязул султІанас ГІарабистаналде МухІаммад ГІали Пашал бетІерлъиялда гъоркь аскар битІула, ва гьез щущухъ биххизабула Имам ГІабдуллагьил аскар. Гьединаб куцалда, ТІоцебесеб СагІудиязул пачалихъ хутІана 73 соналъ.
Гьанже гІун бачІунеб букІараб гІарабазул пачалихъ турказ щущахъ биххизабиялде балагьичІого, 7 сонидасан (1824 соналъ) Ар-Риядалда тахшагьаргун гІуцІула КІиабилеб СагІудиязул пачалихъ. Гьеб пачалихъ хутІана 67 соналъ ва щущахъ биххизабула СагІудиязул церегосел тушбаби — Рашидиязул тухумалъ. СагІудилазул хъизан лъутизе ккун лъутула гьеб мехалъ Кувейталде.
1902 соналъ 22 сон барав СагІудиязул хъизаналдаса ГІабдул ГІазизица ккола Ар-Рияд, ва Рашидиязул тухумалдаса гьелъул вукІарав амирги чІвала. 1904 соналъ Рашиди тухумалъулаз ГІусманиязул пачалихъалдаса кумек тІалаб гьабула. Гьез жаваб гьабун жодорго аскар гьенибе битІула, амма гьаб нухалъ къун нахъе ине ккола. 1912 соналъ ГІабдулгІазизица тІубанго Нажд икълим кверде босула. 1920 соналъ, ингилисазул кумекалдалъун, ГІабдулгІазизица тІубанго Рашидиязул тухум лъугІизабула. 1925 соналъ Макка кверде босула. 1926 соналъул 10 январалъ ГІабдулгІазиз ибну СагІуд ХІижазалъул ханлъун лъазавула. 1927 соналъ КІудабиритІаниялъ СагІудиязул ханлъи жибго жиндаго чІараблъун рикІкІуна. Цо чанго сонидасан ГІабдулгІазизица ГІарабистаналъул хутІарал ракьалги кверде росула. 1932 соналъул 23 сентабиралъ Нажд ва ХІижаз цогьаруна, СагІудиязул ГІарабия абураб цо пачалихъалда жанир. Живго ГІабдулгІазизги лъугьана СагІудиязул ГІарабиялъул ханлъун.
1938 соналъул марталда СагІудиязул ГІарабиялда ратана нарт бахъизе бегьулел бакІал. КІиабилеб дунялалъул рагъ байбихьи сабаблъун нарт бахъи байбихьичІо гІицІго 1946 соналъ гурого. Нарт лъугьана пачалихъ цебетІеялъе сабалъун.
ГІабдулгІазизида хадув къираллъун вачІана гьесул вас СагІуд. Гьес ургъичІого бачунеб букІараб жанисеб сиясаталъ, пачалихъалда инкъилаб ккеялде бачана, СагІуд лъутана Европаялде, хІукму бачІана гьесул вац Пайсалихъе. Пайсалицин абуни гІемераб хІалтІи гьабуна пачалихъ цебетІеялъе. 1973 соналъ, Пайсалица Байтул Макъдис бусурбабазухъе буссинабизегІан, сагІудиялъул нарт къватІибехун биччаларин абун гьев чІедал, бакътӏерхьул пачалихъаз гьев чІвазе тІамана гьесул вацасул вас. Ва гьесдаса хадув хІукмуялде вачІана гьесул вац Халид. Гьесдаги хадув Пагьд, 2005 соналъ — ГІабдуллагь, ва 2015 соналъ — Салман.
2011 соналъул 10 марталъ Ал-КъатІип шагьарлда полициялъулаз ярагъ хІалтІизабуна, хІукуматалда данде рахъин сабалъун жанир тІамурал шигІиял къватІире риччаян дандечӏеял гьарурал шигІиязда данде ва гьелъул хІасилалда лъабго шигІияв чІвана.
2011 соналъул марталъул авалалдасан байбибхьун СагІудиязул ГІарабиялда Жанисел ишазул министерлъиялъ митингал гьукъун руго. Гьеб мехалъ полициялъе хІукъукъал щвана бокьараб куцалда митингалде рахъаразда дандечІей гьабизе[8].
2011 соналъул 4 октябралъ багъа-бачари лъугьана Бакъбаккул икълималда, аслияб куцалда шигІияз жаниб гІумру гьабулеб бугеб. СагІудиялъул тІадчагІаз рикІкІунеб буго, гьеб хІалуцин къватІисанхун, хасго Ираналдасан бачІине бугоян[9].
СагІудиязул ГІарабиялъул пачалихъияб гІуцІи чІезабула Ханлъиялъул Аслияб къануналъ, СагІудиязул ГІарабиялъул хІукмуялъул аслияб низам абун жинда цІар бугеб, ва жибги къабул гьабураб 1992 соналда. Гьелда рекъон СагІидиязул ГІарабия ккола тІубараб ханлъилъун, жиб цебе бачунеб тІоцевесев хан ГІабдулгІазизил лъималаз ва лъималазул лъималаз. Къануналъул кьучІое босун буго исламиял хІукмаби.
Пачалихъалъул бетІерлъун вуго хан. Гьаб сагІаталда пачалихъалъул хІукмуялда вуго ханлъиялъе кьучІ лъурасул вас Салман ибну ГІабдулгІазиз СагІуд. Пачалихъалъул кІвар бугел буюрухъал хъвала гІалимзабазулгун данде бан хадуб. Ханасе мутІигІлъула киналниги хІукмуялда ругел.
Буюрухъ тІобазабиялъулаб хІакимлъи гІуцІун буго министерзабазул Шураялдасан, бетӏерав министерасдасан, гьесул тІоцевесев наибасдасан ва къого министерасдасан. Киналниги министерзабазул хъулухъал рикьун руго ханасул хъизаналъул гІадамазда гьоркьоб.
Къанун бахъиялъул хІакимлъи чІезабун буго — Мажлису Шураялдасан[10]. Мажлису Шураялъул киналниги 150 гІахьалчи, тІамула ханас ункъго сонил болжалги цІан.
Диваналъул хІакимлъи ккола диниял диваназул система, ТІадегІанаб диваналъул шураялъ рихьизарураздасан ханас рищарал къадияца хІукму гьабулеб. ТІадегІанаб диваналъул шураян абуни гІуцІун буго 12 чиясдасан, гьелги рихьизарула живго ханас.
СагІудиязул ГІарабия бикьун буго 13 административиял округазде[11] (гӀараб: المناطق الإدارية : almnat aladarih)[12], имиратал яги минтІакъаби (mintaqat, цолъул формаялда — mintaqah):
# | № картаялда | Административияб округ | [] Error: {{Lang-xx}}: no text (help) | Административияб центр | Ракь, км² | Хаклъ, чи (2015)[13] | Гъунки, чи/км² |
---|---|---|---|---|---|---|---|
1 | 6 | Ар-Рияд | الرياض | Ар-Рияд | 404240 | 7910864 | 19,57 |
2 | 11 | Макка | مكة المكرمة | Макка | 153128 | 8099473 | 52,89 |
3 | 4 | Мадина | المدينة المنورة | Мадина | 151990 | 2061383 | 13,56 |
4 | 5 | Ал-Къассим | القصيم | Бурайда | 58046 | 1402974 | 24,17 |
5 | 7 | Аш-Шаркъия | المنطقة الشرقية | Ад-Даммам | 672522 | 4762871 | 7,08 |
6 | 8 | ГІасир | عسير | Абгьа | 76693 | 2194463 | 28,61 |
7 | 13 | Табук | تبوك | Табук | 146072 | 907494 | 6,21 |
8 | 9 | ХІаил | حائل | ХІаил | 103887 | 685820 | 6,60 |
9 | 2 | Ал-ХІудуд-аш-Шамалия | الحدود الشمالية | ГІаргІар | 111797 | 367433 | 3,29 |
10 | 10 | Жазан | جازان | Жазан | 11671 | 1568727 | 134,41 |
11 | 12 | Нажран | نجران | Нажран | 149511 | 581789 | 3,89 |
12 | 1 | Ал-БахІа | الباحة | Ал-БахІа | 9921 | 471755 | 47,55 |
13 | 3 | Ал-Жауф | الجوف | Сакака | 100212 | 506372 | 5,05 |
кинниги | 2149690 | 31521418 | 14,66 |
СагІудиязул ГІарабиялъул 88 % халкъалъул шагьаразда гІумру тІамун руго. Бищун кІудияб шагьар, ханлъиялъул тахшагьар, гьелъул сиясияб, маданияб (диниял бакІал рикІкІинчІого) ва гІелмияб центрлъун ккола — Ар-Рияд жинди жаниб 4 млн чи вугеб. Жидда — пачалихъалъул кІиабилеб кІудияб шагьар, гьелъул «экономикияб тахшагьар», БагІараб ралъдада кІвар бугеб порт. Макка ва Мадина, пачалихъалъул бищун чІахІиял шагьарал гурелги, гьел ккола СагІудиязул ГІарабиялъул ва тІолабго исламияб дунялалъул къадро тІадегІанал шагьаралъун.
СагІудиязул ГІарабиялъ ккола гІага-шагарго 80 % гІарабазул бащдабчІинкІиллъиялъул. Пачалихъалъул миллиял гІурхъалаби чІванкъотІун рихьизарун рукІунгутІиялъ, чІванкъотІун СагІудиязул ГІарабиялъул ракьалъул къадар чІезабун гьечІо. Расмиял (официалиял) баяназда рекъон гьеб бахунеб буго 2 217 949 км², цогидал баяназда рекъон — 1 960 582 км² - 2 240 000 км². Кин бугониги, СагІудиязул ГІарабия ккола ракьазул рахъалъ дунялалда 13-еб пачалихъ.
Пачалихъалъул бакътІерхьуда, БагІараб ралъдал рагІалда тІарадасан аххаде щвезегІан руго ал-ХІижаз абураб кьурабазул рахас. къиблаябгун-бакътІерхьуда кьурабазул борхалъи бахуна 3000 метраялде. Гьениб буго курорталъулаб мухъ Асир, жиндир гІурччинлъиялъ ва тамахаб гьаваялъ туристал жинца тІаде цІалеб. Бакъбаккул рахъин абуни, тІубанго бахчун буго салул авлахъаз. Къиблаяб рахъ ва къиблаябгун-бакъбаккул рахъ тІубанго ккун буго РубгІ ал-Хали салул авлахъалъ, гьенибго буго Йеменлъулгун ва ГІуманалъулгун гІурхъалабиги.
СагІудиязул ГІарабиялъул цІикІкІунисеб ракьал ккун руго салул авлахъаз, ва гьениб гІумру тІамен руго батІи-батІиял тухумазул гІалхул гІарабал. Аслияб халкъин абуни гІумру тІамун руго чІахІиял шагьаразда ва гьел сверун, аслияб бакъбаккуда яги бакътІерхьудахун, ралъдал рагІалда.
СагІудиязул ГІарабиялъ гьава цІакъго бакъвараб буго. ГІарабазул бащдабчІинкІиллъи ккола — Ракьалда гІемер гьечІел бакІаздаса цояблъун, риидал багІари чІечІого 50 °C эххедезун бахунеб. ГІазу бала гІицІго Жизаналъул мугІрузда, пачалихъалъул бакътІерхьуда, ва кидалго гуреб гьебги балеб. Январалъ гьоркьохъеб температура букІуна шагьаразда 8 °C - 20 °C, салул авлахъазда 20 °C - 30 °C.
ЦІакълъи: нартил ва газил чІахІиял нахърателал. ЧІахІиял харжал щола щибаб лъагІалие хІаж гьабун рачІарал 2 млн хІажичиясдасан.
ЗагІипал рахъал: профессионалияб лъай кьей гьечІо. ГІемерисеб бутІа бетІербахъи гьабулел жалазул къватІисанхун импорт гьабун бачІуна. ГІолилазда гьоркьоб хІалтІуларезул къадар цІакъго цІикІкІараб буго.
СагІудиязул ГІарабиялъул экономика бараб буго нартил касбоялда, ва гьеб бахуна пачалихъалъул гІаммаб жанисеб продукталдаса 45 %. Бюджеталъул харжалъул 75 % ва къватІибе кьолеб экспорталъул 90 % ккола нартилпродуктаздаса.
2005 соналъул декабралда СагІудиязул ГІарабия лъугьана ТІолгодунялалъул бича-хисиялъул гІуцІиялде.
КъватІибехун бичи (экспорт) (2008 сон) — 310 млрд доллар: нарт ва нартилпродуктал. Аслиял росарухъаби — АЦЩ (18,5 %), Япония (16,5 %), Китай (10,2 %), Къиблаяб Корея (8,6 %), Сингапур (4,8 %).
КъватІиса боси (импорт) (2008 сон) — 108 млрд доллар: промышленносталъул тІагІелал, квана-гьекъолел жал, химиялъулаб продукция, автомобилал, ххам. Аслиял къайи чІезабулел — АЦЩ (12,4 %), Китай (10,6 %), Япония (7,8 %), Алмания (7,5 %), Италия (4,9 %), Къиблаяб Корея (4,7 %).
2000-ел соназда хеккого тІаде борхана Китаялъул асар СагІудиялъул къватІисеб бича-хисиялда: 2002 соналъ Пекиналда ва Ар-Риядалда гьорькоб къайидул тІад тири бахана 5,1 млрд долларалде, 2008 соналъ 41,8 млрд долларалде[14].
Маххулнухлул транспорт гІуцІун буго чанго нусго километраялъул маххул нухаздасан, жиндир стандартияб колеяби 1435 мм ругеб, ва жинца Ар-Рияд хутІарал аслиял, ГІарабазул ралъдал квачІалъул рагІалда ругел порталгун хурхинабулеб.
2005 соналъ хІалтІизе биччана проект «Север — Къибла», жиндир хьулалда бугеб 2400 км маххулнухлул лъезе ва жиндир багьа $2 млрд цІикІкІун бахунеб. 2008 соналъул байбихьуда РАГІ (ОАО) «Россиялъул маххул нухал» компаниялъе можоро ьергьана 520 км халалъи бугеб «Север — Къибла» проекталъул цо бутІа базе, гьелъул багьа букІана $800 млн[15]. Амма 2008 соеалъул маялде можороялъул хІасилал нахъе рахъана, гьеб нахъе бахъиялъул гІилла сиясияб бугин рикІкІана РМН-ялъул (РЖД) президент Владимир Якуниница[16].
2006 соналъ нигат гьабуна Маккаялда ва Мадинаялда гьорькоь 440-км маххулнухлул бутІа базе.
Гьакинухазул гІаммаб халалъи бахуна 221 372 км[17]. Гьелдаса:
СагІудиязул ГІарабиялда (кинаб миллаталъул йигониги) чІужугІаданалъе гьукъун букІана 2006 соналде щвезегІан автомобил бачине. Жакъайин абуни 30 сон базегІан автомобил бачине бегьула чІужугІаданалъ цадахъ рос, эмен яги вац вугони.
СагІудиязул ГІарабиялъул гІадамал раччулел авиакомпаниял:
Аэропортазул къдар — 208, гьездаса 73 — бетонналъул роржунел-чІолел мухъалгун, 6-ялъул буго халкъаздагьоркьосеб статус:
2014 соналъул марталда, хІалтІулеб букІана Маккаялъул метрополитен ; рагьизе хІадурулеб букІана Жиддаялъул метрополитен ва Ар-Риядалъул метрополитен.
БагІараб ралъад
|
ГІарабазул ралъдал квачІ
|
Портал «СагІудиязул ГІарабия» | |
СагІудиязул ГІарабия Викигъамасалда | |
СагІудиязул ГІарабия Викидалилалда |
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.