ПиргӀавназул сияхӀ
From Wikipedia, the free encyclopedia
ПиргІаназул сияхІ — НекІсияб Египеталъул жидеда гІадаталда рекъон «пиргІавналилан» абулел бутІрузул сияхІ. ПиргІавн абураб титул хІалтІизабула маликзабазе, жал Нармерица ТІасиябги Гъоркьиябги Египет цолъизабун хадур рукІарал. ПиргІавн абураб титул буго хадуб баккараб, жалго египтяназ гьеб хІалтІизабулеб букІинчІо, гьез Египеталъул хІакимзабазда абулаан нисут-бити абун (nswt-bjtj) ва хІалтІизабулаан щуго титулалдаса гІуцІараб цІар. Гьанир кьун руго пиргІавназул бищун машгьурал ва лъалел цІарал (гьединго Гьиероглифаздалъунги).
Бищун машгьурал «Маликзабазул сияхІал» |
«Палермалъул гамачІ», гІ. ш.. XXV гІ. н. з. щ. (Палермо, музей «Antonio Salinas»). |
«Карнакалъул сияхІ», Ипет-Исут магІбад (Карнак), гІ ш. XV гІ. н. з. щ. (Париж, Лувр музей). |
«Абидосалъул сияхІ 2», Сетил I хІарам (Абидус), гІ. ш.. XIII гІ. н. щ. (ЕГІЖ, Аль-ГІараб-аль-Мафдуна росдада аскІор монументал). |
«Абидосалъул сияхІ 1», Рамсеса ТІадегІанасесул хІарам (Абидос), гІ. ш. XIII гІ. н. щ. (Лондон, Британиялъул музей). |
«Саккаралъул сияхІ 2», архитектор Тунарил хоб-рухъ, гІ. ш. XIII гІ. н. щ. (Къагьир, Къагьаралъул Египеталъул музей). |
«Туриналъул папирус», гІ. ш. XII гІ. н. щ. (Турин, Туриналъул Египеталъул музей). |
Манефонаил «Египтиака» , III гІ. н. щ. (тест тІибитІиялъул схема). |
СияхІалъул байбихьуда руго наслабазде цебесеб заманалъул (нилъеде щвелалде IV азарсонил ахир) хІакимзаби, жал рукІараблъи жакъа къоялде египтологиялда лъалеб. Гьединго сияхІалда рихьизарун руго Птолемейилазул наслуялъул маликзабиги, жидеца пиргІавн титул хІалтІизабулел рукІарал. Гьединго буго бутІа некІсияб Египеталъул диналда ва мифологилда рекъон Египеталъул тІоцересел хІакимзабилъун рикІкІунел илагьзабазул.
ЦІарал хъваялъул суал. СияхІалда пиргІавназул цІарал кьун руго жидер автораз бищун гІадатияб къагІидаялда цІарал рехслолел иццазда рекъон, ай, «школалъул»-ян абулеб къагІидаялъ цІалулеб хІалалда. Гьеб хурхараб буго щивав пиргІавнасул оригиналиял цІаразул чанго батІияб вариант букІиналда ва гьел цІаразул транскрипция жиб заман бахъанагІан цебетІолеб ва цІигьабулеб теориялда букІиналда. Египеталъул мацІалъул фонетикаялъул гІелмияб цІех-рех цІакъго лъикІ гьабун гьечІо, гьелда тІад гьарурал гІелмиял хІалтІабиги аслуялде росун гІалимзабазаде жеги кІолеб гьечІо Египеталъул мацІалъул фонетикияб гІуцІи лъазабизе. Гьелъ цо-цо цІаразда хІаракаби лъеялъул (вокализация гьаби) чанго батІияб къагІида лъугьуна.
Хронологиялъул суал. Гьаб сияхІалда рихьизарурал къо-моцІал руго гІага-шагарго ругел, гьелъ, бищун церегІанал пиргІавназул маликлъиялъул заманалъул къо-моцІалъул битІун букІиналъул хІужжаби рукІуна загІипаллун. ГІемерисел гІелмияб цІех-рех гьабулел египтологчагІазул руго жидерго хасал пикраби батІи-батІиял пиргІавназул маликлъиялъул заманаялъул ва тарихиял периодазул гІурхъабазда хурхарал. Аслияб къагІидаялъ, гьанир ругел къо-моцІазе аслулъун босун буго гІадалъун лъугьараб НекІсияб Египеталъул хронология[1], жиндие аслулъун Египеталъул Археологиялъул Петрил Музеялъ гІуцІараб Egypt for Universities баяназул база бугеб. Цогидал иццазда рихьизарун ругел къо-моцІал кьун руго ратІаго.
Гьанжесеб хронологиялъул система камилаб гьечІо, гьелда жаниб дандчІвала 150 соналъулги заманалъулъ данде ккунгутІиги, амма гъалатІазул къадар сон бахъанагІан дагьлъулеб буго. Жакъа къоялъ египтологчагІаз хІалтІизабула «данде кквеялъул» къагІидаялъул датировкаби: «тартибияб» яги археологиял артефактал, жидер стилалъухъ, материалалъухъ ва рухъа-хъваялъул гъатазда ругел хІалазухъ балагун, хасаб къагІидаялъ цоцада хадур-цере тартибалда лъун гьабулеб датировка. Гьединго хІалтІизабизе бегьула текстуалиял мугъчІваязул къагІидаби ялъуни гІелмиябгун техникияб датировкаялъул къагІида: радиокарбонияб ва термолюминесцентияб анализал, дендрохронология.
НекІсиял пиргІавназул сияхІ. НекІсиял египтяназ хІалтІизабулаан къо-моцІ чІезабиялъул система, жинда жаниб хасал къо-моцІазе пиргІавнас маликлъи гьабиялъул кІвар бугел лъугьа-бахъиназда ва саназда хурхен гьабулеб, гьезда абулаан «Маликлъиялъул санал»-илан, ва цІияв пиргІавн маликлъи гьабизе лъугьаравго, къо-моцІ чІчІезаби цІигьабулаан. Гьанже лъаларо, кидагойищ Египеталъул къаламчагІаз жидерго хъвай-хъвагІабазда хІалтІизабулеб букІарабали 365 къоялъул календар (ялъуни гьез хІалтІизабулеб букІин дагьаби халатаб бакъул сон), лъаларо пиргІавнас ва гьесул ирсилас къокъаб заманалда жаниб цадахъ маммаликлъи гьабулеб заман хъвайялъул практика (бичІчІулеб гьечІо, кин гьеб рикІкІунеб букІарабали ва гьеб заманалъе кІвар кьолеб букІин); жал мухІканго чІезарун бажарулел, астрономиял лъугьа-бахъинал хъвай бараб букІуна гьезда хадуб хал гьабулеб бакІалда, амма гьеб гьабураб бакІ ялъуни лъаларо ялъуни мухІкан гьабун бажаруларо. Гьелъ, жакъа къоялде щвезегІан данде гьарурун ругел халатал «Ханзабазул сияхІазул» бокьараб къ-моцІ букІине бегьула щакаблъун. Египтологазул аслияб суаллъун ва масъалалъун ккола гьел батІа-батІаго ругел сияхІал гьанжесеб хронологиялде гъорлъе рачин, НекІсияб Египеталъул тарихалъул лъугьа-бахъинал, тартибалда лъун, цойде гьаризе
.