Норвегия
From Wikipedia, the free encyclopedia
From Wikipedia, the free encyclopedia
Норве́гиялъул Ханлъи, Норве́гия (букмол Kongeriket Norge, цIиябнорвегиялъул Kongeriket Noreg) — Шималияб Европаялъул пачалихъ, Скандинавияб бащадаб чІинкІиллъиялъул бакътIерхьул рахъалдехун ва Скандинавияб бащадаб чІинкІиллъиялда аскIор ругел рикIкIен гIемерал гIисинал чIинкIиллъабазда ва гьединго Шпицберген архипелагалда, Шималияб ЦІорол океаналда ругел Ян-Майен ва Цидул чIинкIиллъабазде щун жиндир ракь гIатIидаб пачалихъ.
Норвегиялъул Ханлъи норв. Kongeriket Norge цIиябнорвегиялъул Kongeriket Noreg | |||||
| |||||
Гимн: 'Ja, vi elsker dette landet (У, нижее бокьула гьаб улка) | |||||
Норвегия (бецІ-гІурччинаб): — Европаялда (гІурччинаб ва бецІ-цІахІилаб) | |||||
ГӀуцӀцӀана | 872 соналъ | ||||
Истикълал щвараб къо-моцӀ | 7 июналъ 1905 (батIа тIей лъазабуна) 26 октябралъ 1905 (батIа тIураблъун рикIкIана) ( Швециялъулгун-норвегиялъул цолъиялдаса) | ||||
Расмияб мацӀ | норвегиялъул (букмол ва цІиябнорвегиялъул) бакIалъул уровеналда — саамиял[1] | ||||
Миллатал | {{{Миллатал}}} | ||||
Тахшагьар | Осло | ||||
ЧӀахӀиял шагьарал | Осло, Берген, Тронхейм, Ставангер | ||||
ХӀукмуялъул низам | Конституциялъулаб монархия | ||||
Хан Премьер-министр | Харальд V Jonas Gahr Støre (Ap) (2021–) | ||||
Пачалихъ. дин | Насранияб | ||||
Ракь • Кинниги • % лъел бутІа | 67-билеб дунялалда 385 207[2] км² 6 | ||||
Халкъалъул къадар • Къимат (2024) • Гъунки | ↗ 5 550 203[3]чи (120-билеб) 14.4 чи/км² | ||||
ИПГӀИ (2015) | ▲ 0,949[4] (цІакъ цІикІкІараб) (1-билеб) | ||||
Этнохороним | норвегав, норвегай, норвегал | ||||
ГӀарац | норвегиялъул крона (NOK, код 578) | ||||
Интернет-домен | .no | ||||
Телефоналъул код | +47 | ||||
Хисизабизе |
Норвегиялъ гIорхъалаби гIахьал гьарула лъабго пачалихъалъулгун: Швециялъулгун — бакъбаккудасан, Финляндиялъулгун ва Россиялъулгун — шималиябгун-бакъбаккул рахъаздасан. Пачалихъалада сверун руго Баренцево ралъад — шималиябгун-бакъбаккул рахъалда, Норвегиялъул ралъад — бакътIерхьуда ва Шималияб ралъад — жанубиябгун-бакътIерхьул рахъалда.
Пачалихъалъул цIар бачIараб буго цебескандинавияб Norðrvegr — абураб рагIиялдасан, жиндир магIна кколеб «шималияб рахъалдехун нух» - абураб.
ХӀукмуялъул низам — конституциялъулаб монархия, пачалихъияб гIуцIцIиялъул низам — цолъараб. Хан — Харальд V, премьер-министр — Эрна Солберг. Норвегия бикьула 11 фюлькеялде (губерниязде), официалиял гурел 5 аслиял икълимазда жал данделъулел. [5]
Столица Норвегиялъул тахшагьар ва хIукуматалъул резиденция — Осло.
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.