ГӀараб алипба
From Wikipedia, the free encyclopedia
ГІараб алипба (гӀар. أَلْأَبْجَدِيَّة ٱلْعَرَبِيَّة, al-ʾabjadīyaḧ l-ʿarabīyah or أَلْحُرُوف ٱلْعَرَبِيَّةcode: ar is deprecated , al-ḥurūf l-ʿarabīyaḧ), ялъуни гІараб абджадия, буго гІараб хъвай-хъвагІиялда гІуцІараб алипба, жиндие гІараб мацІалда хъвадаризе кодификация гьабураб. Хъвай-хъвагІи буго кваранидаса квегІиде курсивалдалъун ва гьелде гъорлъ буго 28 хІарп. ГІемерисел хІарпазул руго контекстиял хъвалел къагІидаби.
ГӀараб алипба | |
---|---|
Тайпа |
Абджад
|
МацӀал | ГӀараб |
Заман |
III яги IV гӀасруялдаса нахъе |
Хурхарал системаби | |
Эбелаб система |
Египтиял гьиероглифал
|
ISO 15924 | |
Хъвалеб къагӀида | Кваранидаса квегӀиде |
ISO 15924 |
Arab, 160 |
Юникод | |
Юникодалъул диапазон |
Arabic |
Юникодалъул ранг |
|
ГІараб алипба рикІкІуна абджадиятлъун, ай жинда гъорлъ гІицІго рагьукъал гьаркьал (консонантал) рихьизарулел хІарпал хІалтІизабулеблъун, гьединго рикІкІуна гІараб алипба жубараб абджадиятлъун кколин абунги[1].
Цогидал журарал абджадиятазда гІадин къаламчагІаза рахъана рагьарал гьаркьал рихьизаризе хасал хІаракаби ва диакритикал.