From Wikipedia, the free encyclopedia
Ардабил (парс اردبیل — Ardabil, гьединго Ардебил; некӀсияб цӀан Артавил; азарб. Ərdəbil, اردبیل) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останазул) цояб. Азарбижаналъул гІорхъода буго, гьединго мадугьалал останал ккола — Бакъбаккул Азарбижан, Зенджан ва Гилан. Административияб марказ — Ардабил шагьар. Остан гІуцІана 1993 соналъ Бакъбаккул Азарбижаналъул (гӀемерисеб бутӀа) ва Гилан останалъул шималияб рахъги батӀа тӀун. Ракь — 17 800 км²[1]. Халкъалъул къадар — 1 228 155 чи[1] (2006). Халкъалъул гӀемерисел руго азарбижанал[2].
Ардабил | |
---|---|
blank300.png|300px]][[file:blank300.png | |
Пачалихъ | |
Адм. марказ | Ардабил |
Тарих ва география | |
ГӀатӀилъи | 17 800 км² |
СагӀтазул зона | UTC |
КӀудиял шагьарал | Ардабил, Парсабад |
Халкъ | |
Къадар |
1 270 420 чи (2016 сон) |
Гъунки | 69 чи/км² |
Расмиял мацӀал |
парс азарбижан |
Цифрабазул идентификаторал | |
Телефоналъул код | 0451 |
Расмияб сайт | |
Медиафайлал Викигъамасалда |
Остан гІуцІана XX гІасруялъ Иранияб Азарбижан остана бикьулеб мехалъ. ГІарабазул гьужумазул заманаялъ Ардабил букІана Ираналъул бищун кІудияб шагьар, ва гьединабго кІудияб шагьарлъун хутІана мангъулаз бахъизегІан.
Останалда буго кІудияб Ноур абураб хІор ва Сарейналда аскоб хинал иццалги.
Остан бикьула 12 шагьрестаналда:
Ардабил остан цІар рагІараб буго гьаниб бугеб Сафавидазул заманаялъул Сейфу ад-Дин устарасул зияраталъе гІоло.
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.