СагӀудиязул ГӀарабия
From Wikipedia, the free encyclopedia
СагIудиязул ГIарабия яги СагIудиязул ГIарабазул Къираллъи (гIараб мацIалда:المملكة العربية السعودية; al-Mamlakah al-ʻArabīyah as-Saʻūdīyah), ккола гIарабазул бащдабчIинкIиллъиялда бугеб пачалихъ. СагIудиялъул гIорхъода руго, Кувайт, Имаратал, Урдун, ГIиракъ, КъатIар ва Йаман хIукуматал[5][6]. Гьединго СагІудиялъул ракьал чурула ГІарабазул ралъдал квачІалъ хьундабгун-бакъбаккудасан ва БагІараб ралъдаца — бакътІерхьудасан. Жакъа къоялда жаниб, СагIудиялъул гIадамазул къадар бахуна 27,136,977 миллион чиясде. Бусурбабазул къадар бахуна 99,9 % ялде.
СагIудиялъул тахшагьар - Ар-Рияд буго.
СагIудиязул ГIарабиязул Къираллъи المملكة العربية السعودية аль-Мамлакатул-ГIарабиййати-с-СугIудиййати | |||||
| |||||
ШигӀар: «Ла илагьа илла Ллагь, МухIаммадун расулу Ллагь» | |||||
Гимн: ЧIахъаги Къирал!! | |||||
КьучӀ лъуна | 23 сентябр 1932 с. | ||||
Расмияб мацӀ | гІараб | ||||
Миллатал | {{{Миллатал}}} | ||||
Тахшагьар | Ар-Рияд | ||||
ЧӀахӀиял шагьарал | Ар-Рияд, Жидда, Макка, Мадина | ||||
Хан | Салман ибн ГIабдул ГIазиз | ||||
Пачалихъ. дин | Ислам | ||||
Ракь • Кинниги | 12-билеб дунялалда 2 149 000 км² | ||||
Халкъалъул къадар • Къимат (2013) • Гъунки | ↗26 939 583[1][2][3]чи (46-билеб) 12 чи/км² | ||||
ИПГӀИ (2013) | ↗ 0,782[4] (борхатаб) (57-билеб) | ||||
ГӀарац | СагIудиязул риал ﷼ | ||||
Телефоналъул код | +966 | ||||
СагӀтил рачел | +3 | ||||
Хисизабизе |
СагIудиязул ГIарабиялде гьединго абула «КІиябго хІарамалъул ракь» - абун, гьениб Маккагун Мадина букІиналъ. Гьеб пачалихъалъул къокъаб цІар гІараб мацІалда — ас-СагІудия (гӀар. السعودية) - абун буго.
ЦІакъ цІикІкІараб нартил нахърателалгун СагIудиязул ГIарабия ккола — Нарт къватІибе кьолел пачалихъазул гІуцІиялъул аслияб пачалихълъун. 2009 соналъ гьелъ кІиабилеб бакІ ккун букІана (Россиялдаса хадуб) нарт бахъиялъе ва гьеб къватІибе кьеялъе[7]. СагІудиязул къватІибехун бугеб бича-хисиялдаса 95 % ккола нарт къватІибе кьеялъ ва гьебги ккола пачалихъалъул хайиралъул 75 %.