МахӀачхъала
From Wikipedia, the free encyclopedia
МахIачхъала (лъар. Анжикъала, Магьачкъала, гІур. Махачкала́code: ru is deprecated ) — ккола Россиялъул жанубалда бугеб шагьар, Дагъистан жумгьурияталъул тахшагьар, халкъалъул рикIкIеналъул рахъалъ Шималияб Кавказалъул регионалда лъабабизе иргаялда бугеб ва Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул чIахIиял шагьараздаса цояб.
Дагъистаналъул тахшагьар | |||||
МахӀачхъала | |||||
---|---|---|---|---|---|
|
|||||
42°59′00″ ш. гӀ. 47°30′00″ бб. х.HGЯO | |||||
Пачалихъ | Россия | ||||
Федерациялъул субъект | Дагъистан | ||||
Жанисеб бикьи |
3 административияб район:
|
||||
Мэр | Салман Дадаев | ||||
Тарих ва ракьхъвай | |||||
КьучӀ лъей | 1844 | ||||
ГӀатӀилъи | 468,13 (шагьаралъул округ)[1] км² | ||||
Централъул борхалъи | 10 Метр | ||||
Климаталъул тайпа | гьоркьохъеб | ||||
СагӀтазул зона | UTC+3:00 | ||||
Халкъ | |||||
Къадар |
|
||||
Гъунки | Жугьаялъулаб гъалатӀ: ракӀалда гьечӀеб < оператор . чи/км² | ||||
Конфессия(л) | бусурбаби-суниял, ортодокс-христианал ва ягьудал | ||||
Катойконим | махӀачхъалаялдасев, махӀачхъалаялдасей, махӀачхъалаялдасел | ||||
Цифрабазул идентификаторал | |||||
Телефоналъул код | +7 8722 | ||||
Почалъул индекс | 367000–367999 | ||||
ОКАТО код | 82401000000 | ||||
ОКТМО код | 82701000001 | ||||
mkala.ru (гІурус) | |||||
Медиафайлал Викигъамасалда |
Жакъа шагьар бугеб бакI гIуцIцIана 1844 соналъ, гIурусазул рагъул щулалъиялъул мурадалда ва гьелда цIар букIана Петровское. 1857 соналъ гьеб бакI кIодолъана ва гIадамал цIикIкIана, цинги гьелъие шагьаралъул статус щвана, ва цIарги кьуна порталъул шагьар Петровск абун, гьедин цIар кьеялъеги гIиллалъун лъугьана 1722—1723 соназда Персиялде кIанцIизе унаго, Пётр I-сесул аскариял гьанир чIеялда бан.
1918 соналъул 15 ноябралъ, гьеб заманаялъ вукIарав Дагъистаналъул бетIер Тарковскиялдаса НухI-Бегил амруялдалъун, шагьаралъул цIар хисун гьелъие кьуна Шамилил Хъала шагьар абураб цIар. Гьебги букIана кIудияв имам Шамил халкъазул рекIелъа инчIого вукIиналъул мурадалда гьабураб хIалтIи.[2].
1921 соналъул 14 маялъ Дагъистаналъул савраталъул комимтеталъул амруялдалъун МахIачхъала лъугьана ДАССРалъул тахшагьарлъун ва цIарги хисана МахIачхъала абун, Унсоколоса савратчи МахIач ДахIадаевги кIодо гьавун.[3]. Жакъа къоялда жаниб шагьар бугеб бакI, мугIрузул халкъазда гьоркьоб лъалеблъун букIана Гьоркьохъел гIасрабазул заманаялдасанго, Анжи-Хъала абураб цIаралда гъоркь[4] — гьелъул магIнаги ккола «луълуъалъул хъала» - абураб,[5] лъарагI мацIалдаса буссинабуни.